Гьединаб разилъи гьечIолъи загьир гьабуна ТIасияб Гъаякент росдал гIадамаз 14 июналда рузман-какдаса хадуб. Гьезул щунусиде гIагарун чи вукIанин бицана ЭР-ялъе гьеб росулъа Арслан МухIамадовас.
Гьеб мухъалъул нухмалъулев Илмутдин ХIамзаев гьабсагIаталда туснахъ гьавун вуго. Дагъистаналъул ТIадегIанаб Диваналъ хIукму гьабуна гьев кIиго моцIалъ жанив кквезе. Гьеб ккола прокуратураялъул гьари къабул гьаби. Цебехун МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъ хIукму гьабун букIана ХIамзаев рокъоса къватIиве виччалареб куцалда жанив тIамизе.
ГьабсагIаталда Гъаякент мухъалъул нухмалъулесул ишал тIуразе тIадкъан буго росдал магIишаталъул бутIаялъул вукIарав нухмалъулев Уллубий АхIмадовасда.
Гьеб хъулухъалда тезе чагIазул рахъккун тIадран гъулбасал ракIарулел рагIула гIадамал. Масала, гьел ракIарулел ругила Уллубий АхIмадовасул, нартил иш кодоб бугев Жалалудин МухIамадовасул, гьединго туснахъ гьавун вугев Илмудин ХIамзаевасул рахъккурал гIадамаз.
Арслан МухIамадов: «Руго гIадамал цеве вукIарав нухмалъулев Илмудинил рахъкколел, Жалалудинил, Уллубийил рахъкколел. БатIи-батIиял чагIи руго. Амма кин букIаниги гьезул киназулго буго цого тIалаб – къватIиса чи нижер мухъалде нухмалъиялде виччангутIизе».
КъватIиса чилъун ТIасияб Гъаякент мухъалъул гIадамаз рикIкIунев вуго чанго соналъ цеве гьебго хъулухъалда вукIарав Мурат ШихсагIидов. МухIу ГIалиев президентлъун вугеб мехалда гьев хIукуматалде вачун вукIана хIалтIизе.
Мурат ШихсагIидовасул умумул Гъаякент мухъалдаса кколаро. Амма къватIиса вукIаниги, Гъаякент мухъалъул нухмалъиялда вукIаго гьес гIезегIан хIалтIи гьабун букIанин мукIурлъулел гIадамалги руго.
Гьедин Гъаякент мухъалъул нухмалъиялде тIадвуссунев вугин гьанже Мурат ШихсагIидовин бицунеб букIун буго 14 июналда ТIасияб Гъаякенталда рузманалдаса хадур данделъарал гIадамаз.
Арслан МухIамадов: «Аслияб куцалда гьесул фамилия букIана рехсолеб. Гьев тIамулев вугин гьеб хъулухъалдеги, гьеб тIубан цойиде ккараб суал бугилан абулеб бугоан».
Гъаякент мухъалъул вукIарав нухмалъулев Илмутдин ХIамзаев гьанже туснахъ гьавиялъе гIилла буго хIалтIуе хIажатал документал гьес гьересиял гьариялда низам цIунулезул щаклъи ккей.
Гьединго хасал хъулухъазул щаклъи буго пачалихъалъ бесдал-лъималазе биччараб 63 млн гъурущги бикъун, гьеб гIарац ХIамзаевас хъачагъазе кьолеб букIиналда.