Гьаб анкьалъ гIемер бицунеб букIана Амиров хисун шагьаралъул нухмалъуда щив вукIине вугевали. Дарго МухIамад абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерасул пикруялда рекъон, Саид Амиров шагьаралъул нухмалъудаса аралдаса гьев хисизе бегьулев чи ваккизе захIмат буго.
Щайгурелъул гьес гIуцIана щулияб система, амма гьелъул цо загIипаб бакI буго. Гьеб ккола живго С. Амиров гьечIого хIалтIулареб букIин. Гьевгун разилъулев гьечIо Василав Василов абурав блогер.
Гьесул пикруялда рекъон президент Рамазан ГIабдулатIиповас Кремлиялъул квераздалъун Дагъистаналда гIадлу гьабулеб буго ва Саид Амировасда хадур ине гурин хIинкъарал хIакимзаби хIалтIизе ругин гьес бицухъе.
«БатIалъи гьечIо шагьаралъул нухмалъулевлъун щив вачIаниги, гьезул бокьарав вукIине вуго Р. ГIабдулатIиповас лъурав, гьесухъ гIенеккулев чи, гIадамазда жеги бичIчIичIеб къагIида гьаниб лъугьунеб бугеб жо», - абун хъвалеб буго гьес жиндирго блогалда.
Шагьаралъе нухмалъи гьабизе бегьулел кандидатазда гъорлъ рехсолел рукIана батIи-батIиял чагIи, амма гIемерисезул пикруялда рекъон, гьев вукIине кколаан цеве вукIарав Дагъистаналъул президент МухIамадсалам МухIамадов.
Гьев вукIине вугилан баян кьолеб букIана dag-news.ru сайталъги. Кандидатазда гьоркьор рукIана Хизри ШихсагIидов, Абусупьян Хархаров, ХIажи МахIачев, Ризван Къурбанов, Ризван ГъазимухIамадов, Сайгид МуртазагIалиев, МухIамад ХIажиев ва гь.ц.
Амма хамиз къоялъ Рамазан ГIабдулатIиповас Instagramалда жиндирго хасаб гьумералда хъвана шагьаралъе нухмалъизе тIадкъалеб бугин Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул ректор МуртазагIали Рабадановасда. «ГIемерал кандидатураял рукIана цере лъолел, амма дица хIукму гьабуна нухмалъуда вукIине кколин классическияб университеталъул ректор, гIалимчи, Европаялъул лъай щварав специалист.
Гьеб ккола республикаялъул тIалъиялде церетIурал, лъай бугел чагIи рачине кколин абураб цоги ишара», - ян хъвана президентас жиндирго хасаб гьумералда.
Блогосфераялда гьеб батIи-батIияб къагIидаялъ къабул гьабуна. Зураб АхIмад абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас гьадин хъвалеб буго: «Дида бичIчIана президентасе лъай бугел чагIи рокьулеллъи, амма цеве вукIарав шагьаралъул нухмалъулес гIуцIараб системаялда кин хIалтIизе вугев гьав чи абураб пикруялда тIад ургъичIогодай вукIарав гьев?
Дир хIисабалда вукIине кколаан цебе букIараб къагIидаги мерхьун, законалда рекъон хIалтIизарун бажарулев чи, ялъуни щибниги хисичIого доб система цIунулев чи. Гьединавлъун дида вихьулев гьечIо МуртазагIали Рабаданов».
Цоги блогерас хъвалеб буго Дагъистаналда тIалъиялде бачIун бугин гIалимзабазул цолъи. Лъабабилезда М. Рабаданов вихьулев вуго заманаялъ тарав чилъун. Живго цIияв мэрас бицана жинда президентас божилъи гьабун бугин, ва гьеб ритIухъ гьабизе хIаракат бахъизе бугин.
Рузман къоялъ блогосфераялда цоязда хадуб цояз бицунеб букIана шагьаралъул мэр хисулевлъун тIамулев вугин Олимпиялъул чемпион, республикаялъул пенсионнияб фондалъул нухмалъулев Сайгид МуртазагIалиев.
Гьеб хабаралда тIасан гIемерал бахIсал ва тIасанкIалъаял рукIана. Журналист ва блогер Мусаев Мусаца «Эркенлъи» радиоялъе жиндирго пикру загьир гьабуна:
Мусаев Муса: «Сайгид МуртазагIалиев тIамулев вугилан абураб жо къватIул хабар батилин кколеб буго дида. Щайггурелъул дида гьев тIамиялъул магIна бихьулеб гьечIо. Гьев тIамизе ракIалда букIун батани, щай ректор вачун жиндир хъулухъалдаса гьениве витIулев? Гьел кIигоял руго цоцае гIаксиял, тIубанго цоцада релълъинчIел чагIи.
Гьенив мэр хисулевлъун Сайгид тIамуни гьесие бокьила кинабго жиндие мутIигI гьабизе. Гъоркь букIараб система лъугIизабизе тIамурав чи вугиланги абизе кIоларо.
Щай гьеб гьес хвезабилеб, гьелъ чIечIого гIарац кьолеб бугони. Сайгин вуго олигархическияб тайпаялъул чи, президентлъунги вахъизе бокьун буго гьесие, гьединлъидал жиндие хайир кьолеб жоялдаса гьес киданиги инкар гьабиларо.
Гьес киса-кирего жиндирго чагIи къазаризе руго, система цIунизе буго. ГIабдулатIиповасеги гьев данде кколаро, щайгурелъул гьес абунагури, батIиял чагIи къваригIун ругин».
Цоги блогер МуртазагIалиев Шамилил пикруялда рекъон, Амиров хъулухъалдаса нахъе витIи ва гьелда хадуб унеб политикияб ахIи-хIур буго Сайгид МуртазагIалиев президентасул хъулухъалде хIадуриялъул процессалъул цо бутIа.
Гьелда нахъа руго Чачаналъул президент Рамзан Къадиров ва Кремлиялъул администрациялъул нухмалъулев Вячеслав Володин.
.