Гьезухъе щварал баяназда рекъон 11 июналда Амиров жанив тIамун вугев «Лефортова» туснахъалда тIад сверулаго гьелъул хIалтIухъабазда бусада бидул хIоринив вегун ватун вуго МахIачхъалаялъул вукIарав мэр.
Гьесул бохдузда ва рукьалда ругел бидурихьал къотIун рукIун руго. Гьелдаса хадув СагIид Амировасе азарханаялдеги вачун букIине кколеб кумек гьабун буго. ГьабсагIаталда жаниб гьесул гIумруялъе щибго къварилъи гьечIин лъазабулеб буго тохтурзабаз.
Гьединго «Известиялъ» хъвалеб буго Амировасул халгьабурал тохтурзабаз гьесул бохдузда ва рукьабазда гIезегIан гъваридал ругънал рукIанин абулеб буго, амма гьеб иш унго-унголъунги хвезейищ яги жиндехунго кIвар буссинабиялъейищ гьабурабали жидеда абизе кIоларин лъазабулеб буго гьез.
Тохтурзабаз кьурал баяназда рекъон Амиров цIакъ вечIараб хIалалда вукIун вуго, азарханаялда гьесие кумек гьабулеб мехалда жив живго тейин, жиндие хвезе бокьун бугин абулеб букIун буго гьес.
«Лефортово» туснахъалъул хIалтIухъанасул рагIабазда рекъон ахираб заманалда Амиров депрессиялда вукIун вуго. Гьесул адвокатазги лъазабун букIана Амиров цIакъ санагIалъи гьечIеб хIалалда вугин туснахъалъув, сакъатав чи жанив чIун бажарулеб бакI гьечIин гьеб.
Гьединлъидал рокъов туснахъ гьавун тейин гьевилан, амма диванханаялъ адвоказул гьеб гьари нахъчIвана.
Амировасул ихтиярал цIунулев вугев адвокат Алманхан Казиевас гьев живго жинцаго чIвазе къасд гьабичIилан, гьесда цониги ругъунги гьечIин лъазабуле буго.
Дагъистаналъул «Черновик» газеталъул бетIер Магьди Камаловас Эркенлъи радиоялъе бицана МахIачхъалаялъул администрациялъул пресс-хъулухъалъул бетIер МуртазгIали МуртазгIалиевас 13 июналда жинда абунила Амировас живго жинцаго чIвазе къасд гьабунин абураб информация мекъи бугилан.
Эркенлъи радиоялъеги СагIид Амировасул пресс-секретарь МуртазгIали МуртазгIалиевгун кIалъазе рес щвечIо. Гьесда цадахъ хIалтIулез лъазабуна МуртазгIали Москваялда вугилан.
Гьев хисулей Ирина ГIабдуллаевалъги Амировасда хурхарал ахирал харбазда сверун жиндида щибго абун бажаруларин лъазабуна. Гьел баянал уял яги мекъал ругищалиги жинца гьабсагIат бицинарин абуна ГIабдуллаевалъ.
Магьди Камаловасу бицухъе Амировас живго жинцаго чIвазе къасд гьабиялда сверун ургъунго ахIи-хIур бахъинабулеб буго.
Гьесул адвокатаз гьединан Амировасе тамихI тамах гьабиялъе ресал ралагьулел руго.
Магьди Камалов: «Амировасул адвокат Марк Крутерица жиндирго хIалтIи Амировасул унти, гIажизлъи бихьизабиялда сверун гьабулеб буго. Крутерица гьеб махщалида бихьизабулеб буго Россиялъул «гурхIел бугеблъун» рикIкIунеб диванханаялъ гьев рокъов туснахъ гьавун тезе вукIине»
Журналист Руслан Гереевасги Амировас живго жицаго чIвазе къасд гьаби гьеб адвокатаз гьабураб иш бугилан рикIкIунеб буго. Гьелдаго цадахъ сундасаго ракI буссун, кинабгоги чIалгIун унго-унголъунги хвезе бокьун гьабун батизеги бегьулин гьесиейилан абураб пикруги буго журналистасул.
Руслан Гереев: "Гьев чиясде букIараб тIадецуйги хIисабалде босун тIадежоялъе Гьелде тIадеги психологияб тIадецуй букIиналъги, сахлъиялъул иш нахъеккейги гьеб кинабгоги захIмалъун гьабун батизеги бегьула гьес хвезе къасд. Гьесде цIакъ кIудиял гIайибал гIунтIизарулел руго, диванханаялъ рокъов туснахъ гьавизеги виччачIо гьев, тIаде жоялъе жиндирго бакIалда дарги миллаталъул цойги чи теялъги гьесул сундасаго ракI буссун батизе бегьула.
МуртазгIали Рабаданов мэрасул ишал тIуралевлъун тезегIанцин Амировасул хьул букIун батилин ккола дида гьеб бакIалде тIадвуссинеги, жиндасаго киналго гIайибал хъущтIизаризеги».
Гереевас гьединго рикIкIунеб буго СагIид Амировас живго жинцаго чIвазе жеги чанго нухалъ къасдал гьаризе бегьулилан.
Руслан Гереев: «Гьев чи цохIо Дагъистаналъул политикияб Олимпалда тIад гуро вукIарав. Гьев вукIана регионалъияв цевехъан. Чанго нухалъ гьев Россиялъул бищун лъикIав мэрлъун вахъун вукIана, православияб килисаялъулцин гьудуллъи букIунаан гьесул. Гьединлъидал цохIо лахIзаталда жаниб гьеб киналдаса ватIалъи цIакъ захIматаб иш буго, гьединлъидал гьев цойги нухалъ живго жинцаго чIвазе лъугьине бегьула».
Гьевго журналистас Эркенлъи радиоялъе бицана Амиров чIвазе къваригIараз гьабураб иш батизеги бегьулин гьесул бидурихьал къотIийин. Щай гурелъул гьев туснахъ гьавун хадуб цIех-рехчагIаз киналго шагьаралъул идарабазда халгьабизе лъугьун руго.
СагIид Амиров хъулухъалда вугебгIан мехалъ къойил гIуцIулел рукIарал ГУПалгун, МУПалги, батIи-батIиял такъсириял къокъабиги, финансазулал альянсалги, цере хIалтIулел рукIараб хIалалъ хIалтIун бажарулел гьечIо.
Амировасул ишалъе гIоло гьаздехун къанун цIунулезул кIвар цIакъго-цIакъ буссун буго. Гьезие кигIан кIваниги хехго цIех-рехги лъугIун жидерго ругьунал ишазде русссине къваригIун буго. Гьединлъидал Амиров тIагIани гьездехун цIех-рехчагIаз кьолеб кIварги дагьлъизе бегьула.