Ссылки для упрощенного доступа

Афгъанистаналда чIван вуго 7 гуржияв


Афгъанистаналда живго чIвалес гьабураб кьвагьиялъул хIасилалда хун вуго гуржиязул анкьго солдат. Гьедин лъазабуна хамиз къоялъул къаси Тбилисиялда гуржиязул рагъулал къуватазул Цолъизабураб штабалъул нухмалъулев генерал Ираклий Дзнеладзеца.
Гьесул рагIабазда рекъон, кьвагьулеб жо тIад букIараб юк баччулеб автомашина кьвагьизабун буго Гильмент провинциялда рагъулазул базаялда аскIоб. Жеги чанго аскарияв лъукъунги вуго.
Гьединабго теракталъул къурбаналлъун Гильменталда 13 маялдаги вахъун вукIана гуржиязул лъабго солдат. Афгъанистаналда рагъулал ишал унелдаса кинабниги гьенив хун вуго гуржиязул 28 солдат.
XS
SM
MD
LG