Ссылки для упрощенного доступа

Китаялда цIа ккеялъул хIасилалда хун вуго 110 чи


Китаялъул Цзилинь провинциялда гIанкIуязул фабрикаялда цIа ккедал хун вуго 110-ялдаса цIикIкIун чи. Зарал ккун буго 50-ясе.
БакIалъул информалатазул баяназда рекъон, цIа рекIун буго рогьалилъ ва гьеб мехалда фабрикаялда жанив вукIун вуго 300 чи.
ЦIа свинабулез лъазабулеб буго гIадамал хвасар гьариялъе квал-квал гьабулеб букIанин корридорал къваридал рукIиналъ ва гьездасан къватIире нух батизе бажарулеб букIинчIолъиялъ.
ЦIа ккеялъе гIиллалъун рехсолеб буго электрокваразул жагъаллъи.
XS
SM
MD
LG