Гьеб данделъи Юсуфов хъулухъалда тун 100 къо иналда бан журналистазе хIисаб кьей гIадаб тадбир букIана.
Раюдин Юсуфовас жиндирго кIалъаялда цIакъго кIваркьун бицана гъоркьисала Россиялъул цойги регионазде данде экономикаялъул чанго рахъалъ Дагъистан цебе букIанин.
Гьесул рагIабазда рекъон гъоркьиса 29,3 проценталъ цебе тIун буго нилъер экономика. Хасго промышленносталъ церехун чIахIиял галаби тIамулел ругин бицана гьес.
Гьелдаго хадуб гъун цебе тIун бугин бакIал рай ва росдал магIишат, амма букIине кколеб официалиб хIалалъ документалги хIадурун гьел хIалтIунгутIиялъ унго-унголъун гьез кигIан продукция къватIибе биччарабали лъаларинан.
«ТIадеялъул промышленность 13,3% цIикIкIинабизе ракIалда буго нижеда. Гьеб гьабун бажариялда щибго щаклъиги гьечIо дир, щай гурелъул цIиял ГЭСал разе, нилъер заводазулгун оборонаялъул предприятиязул къуватI цIикIкIинабизе ракIалда буго.
Дагьаб цебегIан нилъер «Дагъдизель» заводалъулгун кIиго миллиардалдаса цIикIкIараб багьаялъул хIалтIи гьабизе къотIи-къай гьабуна, гьединго «Авиаагрегат» завод хIалтIизе биччаялъе хIадурлъаби гьарулел руго, Дагестанские Огниялда бугеб цIорол тIагIалаби гьабулеб завод хIалтIилеб буго», - ян бицана Раюдин Юсуфовас.
Росдал магIишаталъул суалги гьоркьоб течIо министрасул ишалтIуралес. Гьес лъазабуна нилъер аграрияб республика букIаниги росдал магIишат нилъер нахъе ккун бугин цIакъилан. Нилъер гьеб цебетIеялъе ракьудаса бахъараб, рекъараб гьава-бакъалдеги хIалтIизе гIадамазде гIунтIун киналго ресалги ругилан.
Гьес бицана Россиялда росдал магIишаталъул продукция къватIибе биччаялъул рахъалъ Дагъистан бищунго ахираб 72 бакIалда бугин. Гъоркьисала нилъер респубикаялъ 65 миллиард гъурщиде росдал магIишаталъул нигIматал къватIире риччан ругилан, тIадеялъулалде гьеб дагьбги цIикIкIинабизе кколиланги лъазабуна Юсуфовас.
Гьесулго рагIабазда рекъон Дагъистанаалъул росдал магIишат цебетIеялъе хIалтIизабулеб гIарац, ай инвестициял, гьеб буго гIадамазул жидерго гIарац, хIукуматалъ гьеб цебетIеялъе гьарурал сагIалъаби руго, амма гьездасан пайда босулеб гьечIо халкъалъ.
БакIал раялъул бицунаго Раюдин Юсуфовас абуна 2012 соналъ Дагъистаналда 1,5 квадратный метр рукъзабазул бан бугин. Гьел рихьизариялги Ставрополь мухъ хутIизегIан Шималияб Кавказалъул Федералияб Округалде гьоркьоре унел киналго респубикабазул рихьизарияздаса цIикIкIарал ругилан.
Гьел квадратный метрал нилъер гIадамазда тIад рикьани щивав чиясе I6,8 квадратный метр гурони кколеб гьечIила, гьебги цIакъго дагь бугин, гьединлъидал дагьабги цебетIезабизе кколин гьеб рахъилан абулеб буго гьес.
Аслияб къагIидаялъ басриял минабахъа гIадамал гочинариялъул программаялъул кумекалдалъун цIикIкIинариз ругила бакIал раялъул рихьизариялин абулеб буго Юсуфовас.
«Нижеца басриял минабахъа гIадамал нахъе гочинариялъул программа хIалтIизе биччазехъин буго. Гьелда тIад хвезабизе буго миллиардгун I03 миллион гъурущ. ЦIиял рукъзал разе кьезе буго токги, лъимги, газги бачарал, нухалги ругеб ракь.
Гьединго мугIалимзабазе ипотекаялъул, рукъзал разе ракIалдаги буго нижеда. Гьанжего гьединал рукъзал росизе бокьараз документал хIадуризе бегьула», - ян лъазабуна министрасул ишал тIуралес.
Гьединго гьес бицана къого соналъ халатбахъунеб бугеб Новолак мухъалъул гIадамал гьениса МахIачхъалаялда аскIоре гочинариялъул программаялда рекъон гьел чагIазул суал исана соналда жаниб тIубан лъугIизе кколилан.
Раюдин Юсуфов: «Жакъа къоялда жаниб нижеца гьел гIадамазе бан лъугIун буго 3 азарго мина. Жеги балебги буго 307 мина, 788 бакI гIарац гьечIолъиялъ бачIогоги хутIун буго. Гьел росабалъ бан буго ункъго школа жеги 5 базеги ккола, гьединго щибаб росулъ базе ккола лъималазул ахги.
Бищун кIудияб захIмалъи буго гьаб сагIат гьел бакIазда сахал нухал гьечIолъи, кидаго гуро токги букIунеб лъалъадизе лъим гьечIо. Исана федералияб бюджеталдаса 339 миллион гIарац биччазе ккола гьел тумазул росабалъ школал разе, ва жеги 2011 соналъго гьел гIадамазе минаби разе биччазе кколеб букIараб 288 республикаялъул бюджеталдасанги бачIине ккола.
Гьединго чанго батIияб программа буго нижеца гьеб иш хехго лъугIиялъе ургъарал, федералияб централъ гьезул рахъ ккуни гьенисан тIадеги 3, 6 миллион гъурущ биччазе ккола. Гьедин 2015 соналде гьел гIадамал гочинариялъул программаги лъугIизе рес буго»
Журналистазулгун гара-чIвариялда Раюдин Юсуфовас бицана гьел ЦIияблак мухъалдаса гIадамазе рарал 817 мина чIобого бугилан. ГIадамазе гьенире рахъине бокьулеб гьечIилан цIияб бакIалда хIалтIи гьечIолъиялъ, магIишат гьабизе ресал дагьал рукIиналъ. Гьединлъидалила бищун цебе нилъер республикаялъул хIукуматалъ гьел гIадамал хIалтIудалъун хьезариялде кIваркьолеб бугеб.
Цадахъ босани 2012 соналъ Дагъистаналъул хайир бахун буго кинабниги 80 миллиардалде, гьеб нилъер гIадамазда тIад бикьани цIакъго дагьаб гIарац кколеб бугилан бицана пресс-конференциялда министрасул ишал тIуралес.
Раюдин Юсуфов: «Гьеб 80 миллион нилъер гIадамазда тIад бикьани щивасе 27,5 гъурущ кколеб буго. Гьеб кутакалда дагь буго щай гурелъул Россиялда дандккун гьеб кIигонухалъ гIодобегIан буго, СКФО ялде гьоркьоре унел респубикабазда дандеккунги гьеб дагь буго. Бюджеталде гIарац биччаялъул рахъалдасанги нилъ бищун ахираб бакIалда руго»
Гьединго бизнесменазе кумекалъе батIи-батIиял программаби ругин Дагъистаналъул хIукуматалъулин, амма гьездасан пайда босизе бокьарал ратулел гьечIинги бицана Юсуфовас.
Раюдин Юсуфов: «Респубикаялъул бюджеталда чанги батIиял санагIалъаби руго предпринимателазе кумекалъе хIалтIизаризе риччарал. Масала гьес кредит босун бугони, гьелде тIаде бачIунеб гIарац республикаялъ кьезе бегьула, яги гьеб босулелъул кумек гьабун бажарула.
Гьединго президентасул гранталги руго чанго батIиял, амма гIадамаз гьел киналго ресаздасан пайда босулеб гьечIо.
Дицаго чанго нухалъ цIорой ккун, иххица ун бачIин бакIарун бажаричIеб заманалда предпринимателал ракIарун рукIана нужерго чIунтараб магIишат бахъинабиялъе кредитал росейин, хIукуматалъги кумек гьабилин, гьедин абуниги цохIонигияв разилъичIо.
Щай гурелъул гьезул гIемерисезул гьечIо предпринимателасул рукIине кколел документал, гьел гьаризе бокьичIого кьолел руго гьез киса кирего ришваталги, хасго кредит босулеб мехалда. Ришват кьола докуметал рихьизарун бажаруларел чагIаца».
Ахиралдаги министрасул ишал тIуралес бицана гъоркьиса дагъистанизул гьоркьохъеб харж 13822 гъурущ букIанин, гьебги Россиялда бищун дагьаб харж бугилан. Россияда ва Шималияб Кавказалъул Федералияб Округалда дандеккун хIалтIи гьечIого хутIарал гIадамазул къадар нилъер гьаниб дагьаб буго.
Гьаб соналъул тIоцебесеб кварталалда гьарурал цIех-рехазул баяназда рекъона нилъер гIадамазул 12,4% руго хIалтIи гьечIого хутIарал.