Ссылки для упрощенного доступа

Кавказалда ислам ва терроризм


Россиялъул гIелмабазул академиялда ракIалда буго гIагараб заманалда Шималияб Кавказалда конфликт цIикIкIиналъе гIиллаби ралагьулеб хасаб экспертазул къокъа гIуцIизе. Гьез кьезе ккола жидерго цIех-рехазул анализазул хIасил 2013 соналъул ахиралде щвезегIан.

ГьанжелъагIан батIи-батIиял диниял экспертаз ва политологаз, журналистазгун гIалимзабаз рехсолеб аслияб проблемалъун рикIкIунеб буго Шималияб Кавказалда ва хасго Дагъистаналда хIинкъи гьечIолъиялъул масъала.

Къуваталъул идарабаздагун изну гьечIого яргъид гIуцIаразул чанго соналъ халат бахъараб рагъулаб дандечIеялде жанире щибаб къоялъ батIи-батIиял гIадамал цIалел руго ва гьадинго халатбахъани тIубараб республика кIийиде бикьизабизе буго абун хъван букIана 2005 соналъго Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул профессор Михаил Вагьабовас.

Жиндирго тIехьалда гьес бицунеб букIана гьелъие аслияб гIилла бугин динияб дандечIей. Амма динияб дандечIей гIалимзабазул дагIбаялдаса цебе инароан гьеб дандечIеялда гъорлъе пачалихъ жубачIони абун.

«Исламалда жаниб бищунго цоцалъ данде кколареб ва киданиги цо пикруялда рачIине рес гьечIеб кIиго рикьиялда гъорлъе жубана пачалихъ ва гьезул цоязул рахъги ккун, цогидаб гьукъараб къанун къабул гьабуна.

Гьеб хIужаялъ динияб дандечIей сверана политикияб дандечIеялде ва чIвай-хъвеялде», - абун бицана философиял гIелмабазул кандидат, диниял суалазул эксперт Саидов Садикъица.

Шималияб Кавказалъул исламиял цIех-рехазул централъул нухмалъулев Гереев Русланил пикруялда рекъон, ахираб заманалда Шималияб Кавказалда ислам макьидаса борчIараб гIадин чIаголъун бачIун буго ва пачалихъ гьелде хIадурлъун гьечIо.

Пачалихъалда жеги бичIчIулеб гьечIо щиб жо кколеб ислам ва кин хIалтIизе кколел бусурбабигун. «Ислам цебетIеялъулъ федералияб централда Россиялъул пачалихъалъе хIинкъи бихьулеб буго», - абун хъвалеб буго гьес жиндирго макъалаялда.

Бусурбабаз гIумру гьабулел регионазда ва хасго Кавказалда исламияб бичIчIи цIикIкIарабго Москваялъул рахIат кидаго холаанилан рикIкIунеб буго тарихчи Доногъо ХIажимурадица. «Эркенлъи» радиоялъе кьураб баяналда гьес гьадин бицана.

Доногъо ХIажимурад: «Гьалдаго релълъараб ахIвал-хIал букIана I9 абилеб гIасруялъул ахиралда. Доб мехалъ тIоцебе Татарсатаналда ва хадуб цоги бакIаздаги раккана хасал мактабал. Гьениб диниял дарсазда цадахъ малъизе байбихьана светиял дарсалги. Гьеб рекIее гIечIо Петербургалъе ва бихьулеб буго гьезул рахIат хвараб рагъа-рашари.

Документ буго архивалда. Гьеб ккола Россиялъул империялъул жанисел ишазул министерас къватIесел ишазул министрасухъе хъвараб кагъат. Гьениб хъван буго, гIасрабаз кьижун рукIарал бусурбаби гьанже макьидаса рорчIун ругин. Жакъаги цIакъ гьелдаго релълъараб ахIвал-хIал буго.

Гьеб кагътида букIараб жо дида лъикI ракIалда чIана. Какги бан, кIалги ккун, мажгитаздеги хьвадун, хIежги борхун гIадамал рукIани тIалъиялъе гьеб гIола. Амма жибго ислам гьелдалъун лъугIуларелъул».

Доногъо ХIажимурадил пикруялда рекъон, бусурбабазул жанисеб дагIба-рагIиялде къуваталъул идарабигун пачалихъ жубараб мехалъ гьелъие дандечIей гьечIого букIине рес букIинчIо.

Шималияб Кавказалда терроризм ва рагъулаб дандечIей цIикIкIиналъе гIиллалъун идеология хIисабалда жибго исламалъул хаслъи гуреб, пачалихъалъ гьабулеб мекъаб динияб политика бугилан рикIкIунеб буго Москваялъул къватIисел ишазул институталда бугеб Кавказулъул цIех-рехазул централъул эксперт Николай Силаевас.

Гьесул пикруялда рекъон, светияб пачалихъалъ рикIкIад гьаризе ккола жиндаса киналго диниял идараби яги рикьалаби. Шималияб Кавказалда официалиял диниял идарабазе квербакъиги гьабун цогидал гьединалго рикьалабазда данде къеркьолеб мехалда гьеб сверула политикияб дандечIеялде.

«ЗагIипал пачалихъиял идарабиги ругони, ришватчилъиги тIегьалеб бугони, социалияб ритIухълъи гьечIолъиги батани, къануналги хIалтIулел ратичIони халкъалда ва хасго гIолилазда ритIухълъи батула диналда жаниб.

Гьеб мехалъ гIолохъанчи лъугьуна доб цояб рахъалда бугеб къокъаялъул тушманлъун. Щивав диналде вуссунев чияс дандечIолезул къадар цIикIкIинабулеб буго ва гьелъие ахир гьечIо», - абун абулеб буго жамгIияв хIаракатчи Уладиев Сулайманица «Кавказская политика» сайталъгун гьабураб гара-чIвариялда.

Кризисалдаса Шималияб Кавказ хвасар гьабиялъул хIалтIи жидеда тIаде кколел чагIи руго гьениб бугеб система гIуцIарал ва киданиги гьелда данде къеркьоларел чагIи абун рикIкIунеб буго RAMCOM абураб регионазул цIех-рех гьабулеб централъул нухмалъулев Денис Соколовас.

Гьесул пикруялда рекъон чIвай-хъвей ва терроризмалъул кьалбал дин гуро, гьеб ккола социалияб проблема, тIад динияб пардав бигъараб. Федералияб центалъ социалиял масъалаби роцIцIун хадур киналго диниял суалал тIагIине руго.

Гьединго Соколовас бицана, регион хвасар гьабиялъе федералияб централда лъалеб бугин кIиго нух: къуват цIикIкIинаби ялъуни гIарац цIикIкIинаби. Амма гьеб кIиябго нух буго хIасил кьолареб. ТIоцебесеб иргаялда хIалтIизабизе ккола федералияб къанун. ТIокIаб батIияб масъала гьечIо гьеб гурони.
XS
SM
MD
LG