Ссылки для упрощенного доступа

НАК: «рохьилазе» кумек гьабиялъе мукIурлъун вуго 13 чи


Дагъистаналда ахирал къоязда яргъидгIуцIаразе кумек гьабулеб букIиналъе мукIурлъун вуго 13 чи. Гьедин лъазабулеб буго Миллияб антитеррористияб комитеталъ. Гьезул баяназда рекъон, 12 маялда Унсоколо мухъалъул Балахьуни росулъа щуго ва 13 маялда анлъго чи вачIун вуго полициялде жидеца яргъидгIуцIаразе кумек гьабулеб букIинилан бицине. Гьебго заманалда Балахьуни росдал бегавул Якъубов Расулица бицун буго журналистазе росулъа гIадамазул яргъидгIуцIаразулгун бухьен бугезулин абун гIуцIарал сияхIазда ругищан полициялъ хал гьабулеб букIанин росдал гIадамазул 12 маялдайин. Унсоколо мухъалъул мажлисалъул депутат ХIамзатов АхIмадил баяназда рекъон, полициялъ хал гьабуразул кинабгIаги бухьен гьечIо «рохьилазулгун».
XS
SM
MD
LG