Ссылки для упрощенного доступа

«Магасида» тIад диваналъул процесс байбихьана Ростовалда


Тазиев ГIали, Доналда бугеб Ростовалда диванханаялда, 13May2013
Тазиев ГIали, Доналда бугеб Ростовалда диванханаялда, 13May2013
Шималияб Кавказалда ругел яргъидгIуцIаразул лидер Доку ГIумаровасул аслияв кумекчилъун лъалев Тазиев ГIалида тIад диваналъул процесс байбихьана Доналда бугеб Ростовалда итни къоялда. Гъалгъаяв гьев гьединго лъала Магас абулеб тIокIцIаралда гъоркьги. Гьев мукIурлъун вуго къануналде данде кколареб куцалда ярагъ цIуниялъе ва къануналде данде кколареб рагъулаб къукъа гIуцIиялъе. Амма гьес живго рикIкIунев гьечIо 26 чи хварал ва 344 чи лъукъарал терактазде гIахьаллъи бугевлъун.
Тазиев ккун вукIана 2010 соналда ва гьесда гIунтIизабулеб букIана 24 террористияб инциденталда гIахьаллъиялъул гIайиб. Гьесда гьединго гIунтIизабулеб буго 2009 соналда Гъалгъай республикаялъул бетIер Юнус-Бек Евкуров чIвазе къасд гьабиялъул гIайибги.
2007 соналда Доку ГIумаровас исламияб пачалихъ Имарат Кавказ лъазабураб мехалда Тазиев тун вукIана рагъулал къуватазул нухмалъулевлъун.
XS
SM
MD
LG