Цолъарал штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керри щвана Италиялде. Гьениб улкаялъул цΙияб хΙукуматалъул гΙахьалчагΙазулгун ва Израилалъулгун Иорданиялъул дипломатазулгун тΙоритΙизе руго сириялъул проблемаялда сверун кΙалъа-басаял.
Рималде Керри щвана Москваялдаса. Гьенибги россиялъул лидеразулгун гьес гьоркьоб лъуна сириялъул суал.
Америкаялъул пачалихъияв секретарь Цолъарал штатазул Россиялда вакиласул резиденциялда гьединго данчΙвана россиялъул гражданияб жамгΙияталъул вакильзабигун.
Гара-чΙвариялда гΙахьаллъана Москваялъул Хельсинкиялъул къокъаялъул бетΙер Людмила Алексеева, инсанасул ихтиярал цΙунулел «Мемориал» ва Human Rights Watch гΙуцΙиязул, «Агора» ассоциациялъул ва Гринпис гΙуцΙиялъул вакильзаби.
Гьез рорхизарурал суалазда гъорлъ букΙана россиялъул нухмалъиялъ коммерциялъулал гурел гΙуцΙиязде жалго «къватΙисел улкабазул агентал»хΙисабалда регистрация гьабиялъул мурадгун гьабулеб тΙадецуялъул проблемаги.