Ссылки для упрощенного доступа

«Курорты Северного Кавказа» компаниялда тΙад рагьуна такъсирияб иш.


«Курорты Северного Кавказа» компаниялда бюджеталъул миллиардал рикъиялда хурхун рагьун буго такъсирияб иш.

Жидеде гΙайиб гΙунтΙизабулезда гъорлъ руго компаниялъул нухмалъулел. Амма гьанжеги гьезул цΙарал загьир гьарулел гьечΙо.

«Интерфаксалъ» Жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-централда хурхинабун загьир гьабулеб информациялда рекъон, гьел гΙадамаз гьоркьохъанлъиялъул компаниялъе хΙалтΙухъ кьун буго хΙакъаб къадаралдаса цΙикΙкΙун мухь.

Генералияб прокуратураялъул вакиль Марина Гридневалъ лъазабухъе, 20Ι2 соналда жаниб «Курорты Северного Кавказа» компаниялъул нухмалъиялъул операциязе биччараб гΙарацил къадар букΙун буго инвестициязул хΙаракатчилъиялъул гΙарацил къадаралдаса цогун бащдалъ цΙикΙкΙараб.
XS
SM
MD
LG