Ссылки для упрощенного доступа

НАТОялъул 8 солдат чIван вуго Афгъанистаналда


НАТОялъул микьго солдат гьезулги анкьго американияв чIван вуго Афгъанистаналда чанго батIияб инциденталда. БакIалъул хъулухъчагIаз лъазабулеб буго шамат къоялда чIван вукIанин щуго солдат Кандагар провинциялда нухлул рагIалда лъун букIараб мина кьвагьараб мехалда.
Жеги кIиго американияв чIван вуго Фарах провинциялда. Гьелъул жавабчилъи тIалибаз тIаде босун буго.
XS
SM
MD
LG