Заманаялъ цIех-рехалъул изоляторалда жанир тIамун ругел ункъоязде гIунтIизабулеб буго цIияб статьялда рекъон гIайиб. Гьелда рекъон рес буго гьел 10 соналъ эркенлъиялдаса махIрум гьаризе. Амма адвокатал рази гьечIо гьединаб хIукмуялда.
Жанир тIамуразул адвокат ГIабдулаева ПатIиматица абулеб буго уголовияб кодексалъул 314 - хIукуматалъул ихтиярал цIунулев чиясде квер борхи абураб статьялда рекъон гьезие туснахъалъул 10 сон кьезеги бегьулилан.
Гъизляралъул цIех-рехалъул изоляторалда жанир гьабсагIат руго ункъояв. Карташев МухIамадги, Микъатов Микъатги, ГIабдулмуъминов Мурадги Сулейманов Шапиги. ГIабдулаевалъ тIаде цIунизе росарал ккола Карташев, Микъатги. Гьелгун адвокат дандчIван йиго апрелалъул 30 къоялъ.
Гьезда тIад диванлъул процесс байбихьизе буго анцIго къоялдасан, амма адвокатлъул щаклъи буго 314 статьялда рекъон гьезие туснахъалъул 10 сон кьезеги бегьулилан.
Гьеб хIужа ккана араб гьатIан къоялъ. Гъизляралдаса магIарухъе унеб бертадул гIахьалчагIи тIад рекIарб автомобилазул читIир лъалхъизабун буго полициялъул хIалтIухъабаз талаб гьабуна автомобилазда тIад рухьарал исламалъул байрахъал нахъе рахъеян. «Аллагь цо вуго, салат салам лъеяв МухIаммадги гьесул авараг вуго» абураб магIнаялъул игIланал рукIун руго щибаб байрахъалда тIад.
Гьел нахъе рахъиялъе гIилла гьаз тIалаб гьабидал низам цIунулездаги бертадул гIахьалчагIаздаги гьоркьоб ккараб рагъулаб тунка-гIусиялъул хIасилалда лъукъун вуго бертин тIобитIулел рукIаразул чанго чи.
Амма нижехъе щварал баяназда рекъон лъукъун рагIула полициялъул хIалтIухъабиги. Гьеб хIужа сабаблъун гIунтIизабулеб буго гьанже жанир тIамуразде 314 статьялда рекъон гIайиб.
Полициялъул хIалтIухъаби кьабурал бертадул гIахьалчагIазда тIад гуреб, тIоцебе питнаялъе байбихьи лъурал гьезда жидедаго тIад рагьизе кколаанин такъсир гьабиялъул ишилан рикIкIунеб буго адвокат Сапият МухIамадовалъ.
Гьаниб тIаде жубачIого гIоларо гьатIан къоялъ ккараб рагъулаб тунка-гIуси байбихьиялъе гIиллалъун ккун буго бертадул автомобилалда жанив вукIарав цояв теркIезавизе байбихьидал гьесие хIалае йортун ячIарай гьесул яц полициялъулаз тункун гIодой речIчIизайи.
Гьеб хIужаялъ карабиххинабурал бертадул цогидалги гIахьалчагIи гьоркьор лъугьиндал кканин гьениб квешаб рагъилан бицун букIана Эркенлъи радиоялъе лъугьа-бахъин ккараб бакIалда вукIарав ЦIунтIа мухъалдаса жамгIияв хIаракатчи МахIмудов ХIажимухIамадица.
Адвокат Сапият МухIамадовалъ гьадинан загьир гьабуна жиндирго пикру:
Сапият МухIамадова: «Жидецаго гьарунщинал такъсириял хIужабазухъ тамихIги гьабичIого хутIулел руго гьел кидаго. Рехсараб лъугьа-бахъиналда жанибги тIоцебе полициялъулас байбихьун буго питнаялде, чIужгIаданалде кверги борхун, гьединлъидал 286 статьялда рекъон гьесие гьабизе ккола тамихIги, амма кинабго бараб буго далилаздаги гIунтIизабулеб гIайибалдаги.
Бахчун щиб гьабилеб низам цIунулел хIалтIухъабазул тIасан ккараб пишаялъул къурбанлъун дунги йикIана чанго соналъ цее. Залимаб къаркъалаялъул ункъо полицилъулав кьабунин дицайилан чIезеги гьабун такъсир гьабиялъул иш рагьун букIана, гIаксалда гьев ункъавго чияс инжитго кьабун азарханялде егун йигей дида тIад.
Гьеб киналдего тIаде берал къанщун тола гьезул нухмалъулезги, хIакъикъаталдайин абуни жанисел ишазул министрасдаса байбихьун гьабизе ккола гьезие тамихI, гурого нухмалъиялъул рахъалдаса жидее къвакIараб гIадлу гьечIеблъи бихьарал гьел къойидаса къойиде квешлъун, инжитлъун лъугьунел руго ва гьадабго хъубал пишабазде руссунел руго нахъойги.
Интернет сайтазда журналистаз батIи-батIияб къимат кьолеб бугог гьеб хIужаялъе. ГIемерисезда бичIчIулеб гьечIо щай хас гьабун чIегIераб кьералъул байрахъал рукIарал гьеб къоялъ автомобилалда тIадали.
ХIизб-ут-ТахIрир аль-Ислами абураб багъа бачариялъул гIаламатлъун кколин гьел байрахъазда тIад бугеб игIланилан абулеб буго экспертазги. Дагьабги бичIчIуледухъ абуни Россиялда киса-кибего гьеб багъа-бачари лъазабун буго экстремистияблъун.