Оппозиционер Алексей Навальныясда ва бизнесчи Петр Офицеровасда тIад Кировалда жакъа унеб диваналъул процессалда диванчи Сергей Блиновас инкар гьабуна гьеб иш тезе. Гьедин нахъ чIван букIана Навальныясул адвокатазул тIалаб.
Блиновас кьучI гьечIеллъун рикIкIана адвокат Ольга Михайловалъ диваналъул ритIухълъиялда ва лъидаго бачIолъиялда загьир гьабураб щаклъи.
Гьелда цебе диваналъ инкар гьабун букIана адвокатазул цоги тIалабалъул мурад тIубазеги. Гьез гьарулеб букIана диванчияс гьеб иш прокуратураялде тIад буссинабизе.
Навальныясда ва Офицеровасда гIунтIизабулеб буго «Кировлес» компаниялъул буголъи бикъиялъул гIайиб.
Гьеб ишалда сверун тIоцебесеб данделъи тIобитIун букIана 17 апрелалда. Гьеб мехалда диванчияс Навальныясул адвокатазул тIалаб тIубазабун гьезие кьун букIана ишалъулгун дагьабги лъикI лъай-хъвай гьабизе заман. ГIенеккиял жакъа къоялде нахъе рахъун рукIана. Гьел гIенеккиязде Кировалде рачIун руго гIемерал журналисталги оппозиционерасул рахъ кколелги.
Москваялда арбагI къоялда букIараб пресс-конференциялда Human Rights Watch идараялъул Россиялда бугеб бутIаялъул нухмалъулей Татьяна Локшинаца абуна гьеб ишалъул политикияб мотивация бугин.