Ссылки для упрощенного доступа

Мушарраф аресталде гъоркье восун вуго


Пакистаналъул вукΙарав президент генерал Первез Мушаррафида ракΙалда буго жив аресталде гъоркье восиялъул хΙукму хисизабеян гьарун ТΙадегΙанаб диваналде хитΙаб гьабизе. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабуна гьесул кумекчияс.

Хамис къоялъ радал ТΙадегΙанаб диваналъ хΙукму гьабуна 69 сон барав Мушарраф аресталде гъоркье восизе. Гьанже гьев рагΙула лъикΙ цΙунараб Исламабадалъул рагΙалда бугеб минаялда жанив.

Пакистаналъул юстициялъ Мушаррафиде гΙайиб гΙунтΙизабулеб буго 2007 соналда рагъулал нухмалъуда рукΙараб мехалда кΙудияб даражаялъул, гьездаго гъорлъ ТΙадегΙанаб диваналъул гΙахьалчагΙи хъулухъаздаса махΙрум гьариялъул.

Пакистаналъул вукΙарав президент ва генерал Мушарраф марталда нахъ вуссана ватΙаналде ункъго соналъ къватΙив вукΙун. Гьес лъазабун букΙана ΙΙ маялда тΙоритΙизесел рищиязда гΙахьаллъизе вукΙиналъул хΙакъалъулъ.
XS
SM
MD
LG