ГьатIан къоялъ Венесуэлаялда байбихьана иргадулал гурел президентасул рищиял.
Аслиял преденденталлъун рикIкIунел руго Уго Чавес хваралдаса нахъе президентасул ихтиярал тIуразарулев Николас Мадуро ва оппозициялъул рахъалъан кандидат Энрике Каприлес.
Жиндир заманалда Уго Чавесица Мадуро тIаса вищун вукIана жиндирго ирсилавлъун. Шамат къоялъ оппозициялъ официалияб гIарз гьабун буго гьесда.
Рищиязда цебе Венесуэлалъул пачалихъияб телевидениялъ бихьизабуна Мадуроца Уго Чавесил хобалде зиярат гьабулеб куц.
Оппозициялъул хIисабалда гьелдалъун Мадуроца рищиязул къанун хвезабун буго.