Ссылки для упрощенного доступа

Афгъанстаналда чIван буго 10 лъимер


Афгъанистаналда НАТОялъул къуватазул авиакьабиялъул хIасилалда хун руго 10 лъимерги кIиго чIужугIаданги.
Жеги анлъго чи лъукъун вуго. Гьедин лъазабулеб буго Афгъанистаналъул нухмалъиялдаса чияс. Гьесул баяназда рекъон, гьел гIадамал хун руго НАТОялъул ва афгъаназул къуватаз цадахъал ругьунлъиял тIоритIулаго шамат къоялда Кунар провинциялда. Гьевго чияс абулеб буго рагъулазда лъалеб букIинчIин жидеца кьвагьараб рукъалда жанир руччабиги лъималги рукIин.
Халкъаздагьоркьосел къуватазул нухмалъиялъ уяблъун гьабулеб буго Шигал абулеб мухъалда рагъулал ругьунлъиял гьарулел рукIин, амма гьез абулеб буго гIадатиял гIадамазда гьоркьор къурбанал ругин абураб баяналъул жеги халгьабизе кколин.
НАТОялъул къуватазухъан гIадатиял гIадамал хвей бищунго аслиял проблемазул цояб буго Афгъанистаналда рагъ унеб 11 соналда жаниб.
XS
SM
MD
LG