Украиналъул ТIадегIанаб Радаялда цIикIкIунисел бакIал ккурал депутатаз хIукму гьабун буго парламенталъул данделъи батIияб минаялъуб гьабизе. Гьелъие гIиллалъун ккун буго оппозициялъул блокада.
244 депутатас хамиз къоялда рахъ ккун буго Банкова къотIноб данделъи тIобитIиялъул. Гьенир руго парламенталъул комитетал. Гьеб инициативаялъул авторлъун рехсолев вуго Регионазул партиялъул франкциялъул бетIер Александра Ефремов.
Парламенталъул данделъаби тIоритIулеб зал ккураб оппозициялъ тIалаб гьабулеб буго Киевалъул ва Киевсоветалъул мэрал тIамизе, пенсиязул реформа нахъе бахъизе ва Николай Азаровасул хIукумат хIалхьиялде битIизе. Гьедин лъазабулеб буго РИА «Новостиялъ» .