Ссылки для упрощенного доступа

«Рилълъа, васал, кIкIалахъе»


Кавказалъул стратегикиял цIех-рехал гьарулеб Централъул директор Мамука Арешидзе.
Кавказалъул стратегикиял цIех-рехал гьарулеб Централъул директор Мамука Арешидзе.

Гъоркьиса август моцIалъ Гуржистаналда бугеб Лопота абулеб кІкIалахъ лъугьа-бахъаралъул цIех-рех байбихизе бегьулилан абулеб буго Гуржистаналъул омбудсмен Учи Нануашвилица. ХIадур гьабураб докладалда гьес абулеб буго доб хIужаялда такъсирчилъиялъул лъалкIал ратун ругин.

Учи Нануашвилица гIайибал гIунтIизарулел руго Гуржистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул тIадегIанаб даражаялъул рукIарал хъулухъчагIазде. Хасго министр хисулевлъун вукIарав Гия Лорткипанидзиде. Живго Лорткипанидзеца гьединал гIайибал гIадалаллъун рикIкIула.

РакIалде щвезабизин бицен унеб хIужаялъул мухIканлъи. 2012 соналъул 29 августалда Гуржистаналъул Жанисел Ишазул Министерлъиялъ лъазабуна Кахетия икълималда бугеб Лопота абулеб кIкIалахъ яргъид гIуцIараб къукъа тIатинабун бугин. Гьенибе бачIараб гьеб къукъаялъул гIахьалчагIилъун рукIун руго Магърибалъул Европаялъул улкабазда тIурун чIаразул статус щварал чачанал.

Доб соналъул 30 августалда гьабураб хасаб операциялъул хIасилалда тархъанлъун ругин ракълилал гIадамал ва чIван вугин лъабго хасав хъулухъчи. Гьединго чIван вугин къануналде данде кколарел яргъид гIуцIарал къукъабазда хурхен букIиналда шаклъи бугев 11 чи.

Доб хасаб операция ахиралде щвараб мехалда ва гьелъул мухIканлъи лъан, гуржиязул экспертаз хъваштIан пикру гьабун букIана – гьеб инсценировка, ай ургъунго гьабураб ищ букIун батилин абун.

2012 соналъул 12 ноябралда Гуржистаналъул бетIерав прокурор Арчил Кбилашвилица лъазабуна жиндир идараялъ гъваридаб цIех-рех гьабизе бугин Лопота кIкIалахъ ккаралъул.

2013 соналъул январь моцIалда Кавказалъул стратегикиял цIех-рехал гьарулеб Централъул директор Мамука Арешидзеца лъазабуна Гуржистаналъул жамагIаталда рехсараб хIужаялъул интерес камун бугониги, цIех-рех халат бахъунеб бугин. Аммаила низам цIунулез гьелъул кинабгIаги мухIканлъи загьирабулеб гьечIин.

Эркенлъи радиоялъе хасго гьадинаб баян гьабуна Мамука Арешидзеца:

Мамука Арешидзе: «Иш гьадинаб буго. Араб соналъул март моцIалдаса байбихьун Тибилисиялдаги цогидал бакIаздаги чачанал-кистиназулги Шималияб Кавказалъул цогидал миллатазул вакилзабазул руккелал рихьулаан. Гьезул гIемерисел камуфляжияб ретIел ретIун хьвадулаан.

БатIи-батIиял баяназда рекъон гьел гIолохъанал кавказияз цо-цо шакал ишал гьарулел руго ян рагIулаан. Амма гьеб букIана балъгояб информация ва жамагIаталда гьелъул хIакъалъулъ лъалароан. Хадуб баянлъана гьел гIолохъанал чачанал - Панкисси кIкIалахъа гьенире рачIун ругеблъи. Ва гьезда гъорлъ хасал хъулухъчагIиги жасусал хIисабалда рукIанилан.

Гьез рагъулал мархьабазда яравуллъи гьабулеб букIанин. Ва гьездаса къватIисел улкабазул вакилзабазул легион гIуцIулеб бугин.

ГIемерал гьадинал харбал рагIулаан доб мехалда. МухIканаб информацияйин доб заманалда баккичIо. 28 августалда багъарана доб ишги».

1 апрелалда Тибилисиялда тIобитIараб жиндирго пресс-конференциялда Гуржистаналъул омбудсменас загьирарурал баяназда рекъон 2012 соналъул тIоцебесеб бащалъиялда Гуржиялъул жанисел ищазул министерлъиялъул рачIа ян абулеб ахIиялда рекъон батIи-батIиял улкабаздаса гьениве гIага-шагарго 120 чи аслияб къагIидаялда чачанал вачIун вукIанила.

Гуржистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул кумекалдалъун гьениб рагъулаб яравуллъи гьабун, гьел Дагъистаналде ине кколаанила. Аммаила, абулеб буго жиндирго докладалда Нануашвилица, хадур планал хисанила ва Россиялъул территориялде лъугьине гъозие рес кьун букIинчIин.

Гьел къеркьохъаназдаса тIалаб гьабун букIанила ярагъ гIодобе лъей, амма гьел мутIилъичIо. Гьелдалъун багъарана тIадехун рехсараб кьалги.

Гьелда бан Гуржистаналъул омбудсменица парламенталдехун вуссун гьарана рехсараб хIужаялъул цIех-рех гьаби мурадалда хасаб комиссия гIуцIеян.

Дагьалъ цебе чачаназул Ичкерия абулеб республикаялъул тIоцевесев президент Жовгьар Дудаевасул вац-яцазул вас, Гуржистаналда бугеб чачаназул жамагIаталъул вакил Идигов ГIумарица абуна Лопота кIкIалахъ ккараб гьеб букIанин гуржиязул президент Михаил Саакашвилил политикияб пиар.

Гьелдалъун гьес хIаракат бахъанин Россиялда ва Гуржистаналъул халкъалда цеве жив лъикIавлъун вихьизавизе ва 2012 соналъул 1 октябралда рукIарал парламентиял рищиязда бергьине.
XS
SM
MD
LG