Хамис къоялда Москваялда прокуратураялъул ва юстициялъул министерлъиялъул вакильзабаз хал-шал гьабулеб букΙана Москваялъул Хельсинкиялъул группаялъул офисалда. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабуна гΙуцΙиялъул бетΙер машгьурай инсанасул ихтиярал цΙунулей Людмила Алексеевалъ. Гьелъул рагΙабазда идарабазул хΙалтΙухъабаз тΙалаб гьабун буго гΙуцΙиялъ гьабураб хΙалтΙул хΙассилазул документал.
Гьаб анкьалъул байбихьадаса гьединал тадбирал тΙоритΙана халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цΙунулеб Amnesty International гΙуцΙиялъул, «За парава человека», «Мемориал» гΙуцΙиязул ва «Общественный вердикт» фондалъул офисазда. АрбагΙ къоялда хал гьабулеб букΙана Transparency International, Human Rights Watch гΙуцΙабазул ва «Гражданское содействие» абураб инсанасул ихтиярал цΙунулеб комитеталъул.