Ссылки для упрощенного доступа

Британиялда Путинил тушман Березовский хвана


Борис Березовский
Борис Березовский

Британиялъул полициялъ лъазабуна 67 сон барав Борис Березовскиясул хвелалъул цIех-рех байбихьун бугин. Цебеккунго гьабураб баяналда рекъон гьеб бугин бичIчIизе захIматаб хвел. Щиб гьелъие гIиллалъун ккун бугебали жеги лъалеб гьечIо, гьеб инфарктги батилин, живго жинцаго чIвайги батилин абулеб буго цIех-рехчагIаз ва цогидаз.

Борис Березовский гIумруялдаса ватIалъана ян тIоцебесеб лъазаби загьирабун бугоан гьесул дурц Егор Шоппеясул Facebook сайталда бугеб блогалда. Эркенлъи радиоялъе гьеб хIужа дурус гьабуна Березовскиясул гIагардисев чи ва гьудул Юлий Дубновас.

Борис Березовскияс Россия тун къватIивехун ана 2000 соналда. Лъабго соналдаса нахъе КIудияб Британиялъ гьесие кьуна политикияб руссен. Гьелдаса нахъе Березовскияс чIечIого какулеб букIана Россиялъул президент Владимир Путинги гьес хIалтIизабулеб политикаги.

КъватIисел улкабазул прессалъ цокIалаб гуреб къимат кьолеб буго Россиялъул олигархасе. Амма гьел киназго ракIалде щвезабулеб буго хасго гьеб хIужа.

Мисалалъе босани The Telegraph абулеб ингилизазул газетаялда гьадин хъван буго: «ГIурусазул гIалхьулаб олигархиялъул дунялалда Борис Березовский вукIана вищун гIалхьулав олигархлъун. 1990 соназда гьес рагIи кьуна Кремль тIаса рехизе».

«Путинил тушман», «Путин чIван къотIараб къагIидаялда какулев олигарх» - гьадинал ва гьелда релъарал баянал ратизе бегьула The New York Times, Business & Financial News, The Daily Telegraph, International Business Times ва цогидал газетабазда.

Борис Березовскияс цо гуреб нухалъ интервью кьун букIана нижер радиоялъе. Гьале чанго соналъ цебе гьес гьабураб гара-чIвариялдаса цо кесек:

Борис Березовскиясул гьаракь: «Дир хIисабалда Путинил низам - конституционияб гуреб, къануналде данде кколареб режим ккола. Ва дир гьаб пикру гIамм гьабулеб буго Россиялъул миллион-миллион чияс.

Гьеб цо. КIиабизеги, дица ккураб позициялъе асар гьабизе жо гьечIо. Путинил низамалъ Россия биххизабулеб буго ва гьанжелъагIан лъиданиги кIвечIо гьеб дир пикру хисизе. Дир ракI чIараб буго гьелда. Дица кIванагIан кIудияб хIаракат бахъила гьеб режим тIаса рехизе жибго гьеб низам биххизегIан».
XS
SM
MD
LG