Ссылки для упрощенного доступа

Интернет-годекIаналдаса харбал. 18-24 Март


Гьаб анкьалъ республикаялда мухъазул нухмалъулесул хъулухъалдаса нахъе ана кIиго чи. Дагьалъ цеве Гъизилюрт мухъалъе нухмалъи гьабизе вачIарав МахIачев ХIажиги хъулухъалдаса нахъе ун гьесул бакIалда заманаялъ ишал тIуразарулевлъун тана дармил комитеталъул нухмалъуда вукIарав, республикаялъул парламенталъул депутат МухIамад Шабанов.

Мухъалъул нухмалъулесул хъулухъалдаса нахъе ана 16 соналъ гьеб гьеб хъулухъалда вукIарав Ахты мухъалъул нухмалъулев Сафидин Мурсаловги. Гьел лъугьа-бахъиназ гIажаиблъизаруна гIемерисел блогосфераялда. Хасго гIажаиблъи гьабулеб буго ХIажи МахIачев хъулухъалдаса иналда.

«Дун божуларо гьев тIубанго Гъизилюрталдаса нахъе иналда, дир хIисабалда гьев хадур рукIине ругел рищияздаги гIахьаллъун гьениве вачIине вуго», - абун хъвалеб буго Фейсбукалда Зарема ГIабдуразакъова абурай блогералъ. «Кинаб хIалтIи гьанже тIалъиялда балагьулеб бугеб МахIачев ХIажие? - абун хъвалеб буго журналистка Зарема ХIасановалъ.

Живго МахIачев ХIажица «Кавказская политика» сайталъе кьураб гара-чIвариялда бицунеб буго маялда рукIине ругел рищиязда гIахьаллъизе вугин жив ва бергьиналда ракIчIун бугин.

Блогер Муртуз МухIамадовас «Livejournal.com» сайталда жиндирго посталда хъван буго республикаялъул цIияб нухмалъиялъ муниципалиял гIуцIабазулгун хIалтIи цIидасан гIуцIулеб бугин.

«Цереккун киналго мухъазул нухмалъулел рукIана квер хъвазе бегьуларел феодалал, гьабсагIат киналго хIинкъуца холел руго туснахъалъур лъезе гурин. Хъулухъалдасаги ритIун теялдаса роххун рукIине ккола гьел», - абун хъвалеб буго блогерас.

Ахты мухъалъул нухмалъуда вукIарав Сафидин Мурсалов хъулухъалдаса нахъе иналъе гIиллалъун рикIкIунеб буго интернет-годекIаналда цо-цо блогераз гьесул цереккун рукIарал такъсирал. «Дагъистаналда чан нухмалъулев хисаниги кьуричIого вукIарав нухмалъулев гьабсагIат ана президентасе баркалаги кьун.

Бихьулеб буго Р. ГIабдулатIиповасул политикасулаб махщел», - абун хъвалеб буго Раюдин Мамедов абурав блогерас. «Цере гьарурал такъсиразухъ тамихI гьабичIого телин абураб гарантияги президентасухъа босун, жиндиего бокьун хъулухъалдаса ана гьев.

Цеве абуни кколеб жоги ХъахIаб рокъоб щвезабун гьенивго хутIилаан», -ин хъвалеб буго Роза Гереева абурая блогералъ.

Блогер, юрист Къадиев Расулида мухъазул нухмалъулел хисиялъулъ бихьулеб буго федералияб централъ Дагъистаналда цIияб политика гьабулеб букIиналъул гIаламат. «Эркенлъи» радиоялъе гьес гьадинаб баян кьуна:

Къадиев Расул: «Гьеб суалалда хурхун дир цохIо пикру буго, дица гьеб цебеккунги абун букIана. Гьеб ккола политикияб, криминалияб ва цогидаб рахъалъ Дагъистан бацIцIад гьабиялъул процесс, бацIцIад гьабизе хIалбихьулеб бугилан абизе бегьула.

КигIанасеб къадаралъ гьеб хIалтIи гьабизе бугеб ва рагIалде бахъинабизе бугищ абураб жо лъаларо жеги, абизе кIоларо, амма анцI-анцI соназ гьаниб гIуцIараб системаялъе, ришватчилъиялъул гьоркьорлъабазе ахир лъезе, цо дагьаб къадаралъгIаги халкъалъул тIалъиялдехун божилъи цIикIкIинабизе хIалбихьулеб букIин якъинаб жо буго.

КIвезе бугищ гьеб гьабизе жеги лъалеб жо гьечIо, гьеб Аллагьасда гурони лъаларо. Къокъго абуни, криминалалда, хасго политикияб криминалалда данде къеркьей гьаниб буго ва гьелъие гIоло гIемераб сурсат хIалтIизабулеб буго».

ЖамгIияв хIаракатчи Набиев ГIисалмухIамадил пикруялда рекъон, хъулухъалдаса мухъазул нухмалъиял иналъе квербакъана цIияв республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас. Халкъалъул кIудияб божилъи буго гьесда, гьеб божилъи ритIухъ гьабизе ккани гьединал тадбирал гьаричIого гьесул рес гьечIо.

Набиев ГIисалмухIамад: «Дир хIисабалда гьеб ишалъе къимат кьезе бегьула хъулухъалдаса арал чагIи гьенисан кире аралали балагьун. Цоги цIикIараб хIалтIуде гьел ун рукIаралани, гьел хъулухъалдаса анилан абизе бегьуларо. ГIемерисеб мехалъ жидер бакIалда хIалтIизе гIагарав чиги тун цоги бакIалде унаан, гьабсагIат жидер бакIалда чагIи тей гуреб, гьел жалго цIияб хъулухъалде инчIо.

Гьеб ишалъулъ Р. ГIабдулатIиповасул хIалтIи бихьулеб буго, гьеб букIинчIого рес гьечIо. Дагъистаналда тIалъи бацIад гьабичIого гIолеб хIал гьечIо, жакъа гьесда божун буго халкъ, хьул буго гьес щибалиго хисизабиялда.

Гъос жинцаго хьул лъезабуна халкъалъул. Амма гьеб хIалтIи гьабизе ккола гьабсагIатго, гьал кIиго-лъабго мухъалдалъун чIезабизе кколаро. Гурони халкъалъул божилъи хола, гьеб ихдал биараб цIер гIадин тагIун ина».

Цоги блогосфераяла гIемер гьоркьоб лъураб тема ккана арбагI къоялъ МахIачхъалаялъул Семендер абураб авалалда тIобитIараб хасаб операция. Къуваталъул идарабазул лъазабиялда рекъон, гьенив чIвана гендерил изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къокъаялъул бетIер ХIажидадаев Ибрагьим ва Унсоколо мухъалъул депутатазул данделъиялъул нухмалъулев МухIамадгIалиев МухIамадхIабиб.

Блогерал цо-цоял божулел гьечIо хIакъикъаталда гьенив И. ХIажидадаев чIван ватиялда. «Лъида лъалеб гьев гьенив вукIанищали, дун жеги божуларо гьелда», - абун хъвалеб буго Фейсбукалда.

Амма гIемерисел блогераз жидерго пикру загьир гьабулеб буго гьев чIван хадув щиб хисилеб абураб суалалда тIаса. Василав Василов абурав блогерас хъвалеб буго, изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гьеб иш хъвазе гьечIин.

«Яргъид гIуцIарал дагьал къокъабаздалъун хIалтIулел руго, гьезул хIалтIи хисизе гьечIо. ГIицIго, гьесул пашманаб ахиралъ психологическияб асар гьабуни гурони», - ян хъвалеб буго гьес. Цо-цо блогераз хъвалеб буго Ибрагьим ХIажидадаев гьанжелъагIан кквечIого ворчIиялъе гIилла букIанин республикаялъул тIалъиялда гьесие квербакъи гьабулел къуватал рукIин.

«ТIалъи хисарабго гьел къуватазда кIвечIо гьесие кумек гьабизе», - абун хъвалеб буго Амир Аммаевас. «ХIажидадев чIвай ккола Москваялъ Кавказалда гьабулеб политикаялъул цIияб курсалдаса хIужа», - абун хъвалеб буго цоги блогерас.
XS
SM
MD
LG