Ссылки для упрощенного доступа

Нахъе бахъизе бугищ сириялъул яргъидгIуцIарал яргъидалъун хьезариялде данде эмбарго?


Европалъул Цолъиялъул улкабазул лидераз Брюсселалда саммиталда дандбалеб буго Сириялда президент Башар Асадил низамалде данде къеркьолел яргъидалъун хьезариялъе лъун букIараб европалъул эмбарго нахъе бахъиялъул суал.
Франциялъул президент Франсуа Олландица лъазабухъе, сириялъул режималъе къваригIун гьечIо конфликт рагIалде бахъинабизе. Гьесул рагIабазда рекъон, Франция хIадураб буго эмбарго Европаялъ нахъе бахъичIониги сириялъул хIукуматалъе дандечIей гьабулел яргъидалъун хьезаризе. Эмбаргоялъул болжал лъугIуна маялъул ахиралда.
Британиялъги рахъ кколеб буго эмбарго нахъе бахъиялъул. Амма Алмания ва Европаялъул цоги улкаби гьеб инициативаялде дандечIун руго.
15 марталда тIубана кIиго сон Сириялъул халкъ гIемераб къадаралда режималде данде бахъаралдаса. ТIоцересел протесталъул акциял рукIана Дераа шагьаралда 2011 соналда. Конфликт байбихьаралдаса Сириялда хун вуго 70 азарго чи ва миллионалдаса цIикIкIун чи улкаялдаса лъутизе ккун вуго. Гьединал баянал кьолел руго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ.
XS
SM
MD
LG