Россиялъ, Китаялъ, Ираналъ ва чанго цогидаб улкаялъ гΙамал гьабулеб буго Интернеталда тΙад контроль чΙезабизе. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабуна Цолъарал штатазул Пачалихъияб департаменталъул инновациязул рахъалдаса специалист Алек Россица.
Гьесул рагΙабазда, гьел улкабаз долларазул миллиардал хвезарулел рагΙула интернеталда тΙад контроль чΙезариялъул технологиял росиялъе.
Россица лъазабуна, Ираналда гьединаб хΙаракатчилъи цΙикΙкΙанин 2009 соналда ираналъул оппозициялъ рищиязда макру-хΙилла гьабунин абун, жидерго багъа-башари байбихьун хадубин.
Алек Россица абуна, Цолъарал штатал данде ругин интеренаталда гΙорхъаби чΙезариялдеян.
Гьес тΙадеги лъазабуна, Цолъарал штатаз гъоркьиса инкар гьабунин Глобалиял телекоммуникациязул хΙакъалъул къотΙи-къаялда гъоркь гъулбас лъезе, гьелда интернеталда пачалихъалъул котроль чΙезабизе рес кьолел моментал рукΙиналъун.