Ссылки для упрощенного доступа

Джон Керри данделъана Мисралъул тIадтаралгун.


Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица Мисиралде бухьулеб сапаралъул ахирисеб къоялъ тIоритIарал кIалъа-басаязда гьоркьоб лъураб суаллъун букIун буго Халкъаздагьоркьосеб валютияб Фондалъулгун къотIи-къай гьабиялъул суал Мисиралъе финансияб кумек швезаби мурадалда.

Керрил хIисабалда гьабсагIат хIакимлъуда ругел исламистазда тIадаб бугин жидеда ва жидерго дандиязда гьоркьоб бугеб бахIс нахъ чIвазе.
XS
SM
MD
LG