Сириялъул президент Башар Асадица Британиялъул Sunday Times газетаялъе интервью кьолаго абуна, жиндир хиял гьечIин улка тун къватIивехун ине. Жив вугилан унго-унгояв патриот.
Башар Асадица мисалалъе рехсана Либиялда, Йеменалда ва Мисиралда лъугьа-бахъараб. Гьел улкабазул бутIрул тIаса рехун ругониги – доба гьанжелъагIан гражданияб маслигIатги рекъелги тIад чIезабун гьечIо, ян ракIалде щвезабуна Асадица.
Сириялъул Хан аль-Ассал шагьаралда гьатIан къоялъул радал къеркьохъаназ полициялъул академиялъул мина бахъана. France-Presse
Агентлъиялъул баяналда рекъон гьеб гьужумалъул хIасилалда хIукуматалъул 34 аскарияв чIван вуго.