М. ШугIайбов ккуна гъоркьисала 20 декабралда. ЧIухь балеб мехалда гьесул рокъоб батун буго рагъулаб таманчаялде сверизабураб газалъул таманча. Амма жидер рокъобе гьеб жалго низам цIунулез реханилан рикIкIунеб буго гIагарлъиялъги адвокатазги.
ШугIайбовасул адвокатазул цояв ккола ГIумаров ГIадилгерей. 31 январалдаса нахъе цIех-рехчияс гьев жинда вихьизе толев гьечIин бицана ЭР-ялъе адвокатас.
ГIабдурахIман: "ГьабсагIаталда нижер буго цохIо тIалаб - гьев гIолохъанчиясухъе адвокат виччай, гьев вугеб бакI эбел-инсудаги гIагарлъиялдаги лъазаби".
Гьедин абуна митингалда Адвокат ГIадилгерей ГIумаровасда лъалеб гьечIо жеги чIванкъотIун кина-кинал гIайибал ШугIайбовасде гIунтIизарулел ругелали. Щайин абуни следователас гьесухъе кьун гьечIо Мурад ШугIайбовасде гIайиб гIунтIизабиялъулги сурав босиялъулги документал.
Амма Мурад ШугIайбовасул росуцоял, цо-цо сугъулдерил баяназда рекъон, рес буго гьесде Камалов ХIажимурадги ГIабдулмалик АхIмадиловги чIваялъул гIайиб гIунтIизабизе. Цоцазе росуцоял рукIин гуребги, тIоцевесев кколаан "Черновик" газеталъул бетIергьан, кIиабилев - "ХIакъикъат" газеталъул жавабияв секретарь.
Жиндир цIар бицине разилъичIев Сугъралъа чияс "Миллаталъе" бицана ШугIайбовасда нахъа ругин гIезегIан къуватал чагIи, гьез цIунизеги вугила гьев.
Гьезда гъорлъ рехсолел руго "Новое дело" газеталъул бетIергьан Чилилов АхIмадги цеве Халкъияб Собраниялъул депутатлъун вукIарав ГIисаев Шамильги. Гьел харбал рагIун ругоан Мурадил эмен Пахрудинидаги.
Пахрудин ШугIайбов: "Дидани жеги батIайисан рагIана. Дир васас ХIажимурад чIваралъухъ, МахIачхъала шагьаралъул мэрас нижер цо росуцоясе лъикIаб хъулухъ кьун бугиланги. Узухъда, гьел руго гьадингосел къватIул харбалги мацIалги. Дир васасдасаги, ГIисаевасдагун Чилиловасдаги, Богатыревка поселокалъул администрациялъул бетIер Хазамовасдаги нахъасан мацIал гьарулел руго нижерго росуцояз.
1937 соналда гIадаб ахIвал-хIал лъугьун буго росулъ. Гьаб жакъа мацIал гьарун, гIадамал дандразарулел ругел чагIазул умумуз мацIалги гьарунин доб мехалда нижер умумулги туснахъ гьарун рукIарал.
Гьезул лъималазги гьебго жо гьабиларищха. Жидехъе властьги дагьа-макъалго кепкалги щунилан бокьа-бокьараб гьабизе, гIадамал инжит гьаризе хIалбихьулеб буго гьез".
Гьел такъсирал тIад рехизе хас гьабун нужер вас щайин дол росуцояз вищаравинги гьикъана ЭР-ялъ Пахрудинида.
Пахрудин ШугIайбов: "Дир васги гьесул гьалмагъзабиги дол чагIазе хIелхIедизе лъугьунарогоха. Дозда сверун рукIуна цоцаздасан мацIал гьарулел, ритIа-ритIаралъуре рортулел гьаби гIадал гIадамал. Дида чIванкъотIун лъала дир васас ХIажимурадги ГIабдулмаликги чIвачIолъи.
ХIажимурад чIвалалдегоги букIараб хабар ккола гьеб. Гьелъул магIна щибин гьикъун букIана дица Мурадида. Гьеб мехалда гьес бицун букIана жинда хадуб халккун чIараб машина букIунин кидаго. Ургъулел рукIун ратиларищха, щиб гьабилебали...".
ЦIар бицине разилъичIел цо-цо сугъулдерица бицана гьединго сурав босулеб мехалда Мурад ШугIайбов мукIурлъун вугин гьел гIайибазе, кисан кьвагьдаравалигицин абунги бугилан. Амма адвокатал чIун руго ШугIайбовасе туснахъалда гIакъуба кьолеб бугилан. Гьелъие гIоло электротокгицин биччалеб бугин гьесде.
Гьеб митингалда гIахьалъана ШугIайбовасул ункъгIал ГIайшатги. 20 соналъ цIех-рехалъул изоляторалда хIалтIулей йигониги, гьадинан чиясул ихтиярал хвезарулеб жо жинда тIоцебе бихьулеб бугин бицана гьелъ. Москваялда метро кьвагьизабурал чагIазулцин рукIанила лъаб-лъаб адвокатал. Мурадихъе цохIогIаги адвокат виччангутIиялъул магIна щибдила.
ГIайшат, ункъгIал: "Спортзалалдеги унев спортсмен вукIана гьев вас, кколареб бакIалдеги унароан. Рукъзал хинлъизарулеб системаялда хIалтIулев вукIана. Радал хIалтIуде, къаси - спортзалалде ун вукIунаан. Сундуе гIоло гъов инжит гьавулев вугев? Адвокатал щай риччаларел гьесухъе?
ЦIех-рехалъул цониги тадбирги гьечIо гьесие гьабураб. Нахъа чи гьечIел чагIийиланищ ниж гьезда ккаралали, цIакъ хIакъиргогIаги рихьун ратилаха гьезда. Амма лъица щиб ургъаниги, нижеца чIезе толаро гьаб иш. Митингалги гьаризе руго..."
Гьаниб цебехун бицухъе, митингалда гIахьаллъана жидер хъизаназде къварилъи бачIарал цогидал гIадамалги. ЦIакъ дагьал гурони гIадамал рачIинчIилан, гьеб тадбиралда ракI рекъон гьечIоан гьезул жидерго. Гьезул хIукму ккана дандечIеялъул тадбирал жеги такрар гьаризе.