Ссылки для упрощенного доступа

Сталинил депортациялъе 69 сон


23 февралалда тIубала 69 сон Сталиница кавказалъул халкъазе Сибиралде ва Гьоркьохъеб Азиялде депортация гьабизе байбихьаралдаса.
Чачаналъ ва Гъалгъаялъ тIоритIана чIегIербаялъул тадбирал. Гьанже Чачаналъ халкъалъул киналго трагедиязул къурбанал ракIалде щверазиялъул къо тIобитIула 10 маялда
1944 соналда Сталинил буюриялда рекъон, Чечено-Ингушетиялдаса гочинавун вукIана 500 азаргогIанасев чи «фашистазул оккупантазе» квер-бакъулеб бугин гIайибги гIунтIизабун. Гьезул бащдаздасаги цIикIкIун халкъ хун букIана ва республика биххун букIана. ТIад руссине изну гьезие щун букIинчIо 1957 соналда гурони.
XS
SM
MD
LG