Америкалъул Вашингтон штаталъул гебурнатор Джей Инслица лъазабуна атомиял хутIелал цIунулеб ракьалда гъоркь бугеб Хэндфорд комплексалдаса радиация къватIибе ун бугин. Гьебго заманалда абулеб буго гьеб мухъалда радиациялъул фон хвезабун гьечIин ва халкъалъе хIинкъи гьечIин. Гьенир радиоактивияб лъамалъиялъул миллионал тоннал цIунулел резервуаразе бихьизабун букIана 20 сон цебего нахъа тун буго.