Гьеб проект цебе лъуна «Единая Россия» партиялъул рахъалъан депутат Алексей Журавлевас. Гьесул пикруялда гьадинаб декларация букIине ккола жамгIияб къотIи-къайлъун ва гьелъ тIад чIезабизе ккола «Россиялъул миллат» абулеб цIияб термин.
ТIобитIараб данделъиялъул къокъ гьабун гьадин бицана Президентасда цебе бугеб Шураялъул вакил ва Россиялъул пачалихъияб Думаялда цебе бугеб миллатаздагьоркьосел суалазул рахъалъан Комитеталъул бетIер СафаргIалиев ХIажиметица:
СафаргIалиев ХIажимет: «ТIоцебего гьоркьоб лъураб суаллъун букIана гIемермиллаталъулаб Россиялъул Федерациялъул халкъ цолъизбиялъул суал. Гьелда хурхараб аслияб масъала - нилъер миллатазе гIаммаб бербалагьи бати.
Нилъеца чанго гIасрабазда жаниб цадахъ рекъон гIумру балеб гьечIиха - Россиялъул империялдаги, Совет Союзалдаги, гьанжесеб Россиялъул Федерациялдаги?
ГIаммаб тарихги буго нилъер ва гьеб тарихалъ кIудияб асар гьабуна киналго миллатазе.
КIудияб роль хIана гIурус мацIги, ва хасго гьелъул хIакъалъулъ Президент Путиница абулеб букIана тIобитIараб Шураялъул данделъиялда. Гьес абуна гIурус мацI киналго россияназе аслияб мацIлъун букIине кколин».
Россиялъул регионал церетIезариялъул министерлъиялъул баяналда рекъон россиялъул бащдаб гIанасеб халкъалъ жал россиялъулаллъун рикIкIунел гьечIо.
Гьединаб баян рехсараб министерлъиялъ гьабун буго батIи-батIиял гьикъа-бакъиязул хIасилалда мугъ-чIвай гьабун. Мисалалъе Эркенлъи радиоялъул сайталдаги «дуца мунго бищун цеве щивлъун рикIкIуневилан» абураб суалалъе жаваб кьуразул 45 проценталъ абулеб буго жал бусурбанчагIи кколин.
Россиялъулалъун жал рикIкIунел руго 15 проценталъ.
Цогидал сайтазги бихьизабулеб буго гьелда релъараб хIасил. Аммаила, абулеб буго СафаргIалиев ХIажиметица жидеца гьарурал хIасилал батIиял ругин:
СафаргIалиев ХIажимет: «Дида ккола гьединаб гьикъа-бакъиялъул хIасил хIакъикъияб гурин. Интернеталда бокьараб жо батизе бегьула. Нижецаги гьабулеб буго гьадинаб цIех-рех.
Мисалалъе Россиялъул гIелмабазул Академиялда цебе бугеб социологиялъул институталъул кумекалдалъун нижецаги гьабуна гьадинаб гьикъа-бакъи ва гьелъ бихьизабуна гIаксаб хIасил. Низамалдаса ракI буссарал цо-цоял ратила, жал россиялъулаллъун рикIкIунарел.
Оппозицияги буго. Амма студентазулгун ризго дандчIвалев депутат хIисабалда, дида лъалеб букIахъе, дагъистаниязул аслияб къадаралъул батIияб пикру буго. Разилъи гьечIолъи бугони - гьеб якъинго бихьула, амма дида гьеб бихьичIо».
Россиялъул президентасда цебе бугеб миллатаздагьоркьосел бухьеназул Шураялъул данделъиялда Дагъистан республикаялъул вукIарав бетIер МухIамадсалам МухIамадов вихьизавун вугоан цIияб хъулухъалде. Гьесул хIакъалъулъ гьадин бицана СафаргIалиев ХIажиметица.
СафаргIалиев ХIажимет: «Президентасда цебе гIуцIараб Шураялъул вакиллъун вахъана МухIамадсалам МухIамадов. Гьев тIамун вуго президентасул администрациялъул нухмалъулев хисулевлъунги миллатаздагьоркьосел бухьеназул суалазул рахъалъан. Шураялъул вакилзабаз гьев къабулги гьавуна. ГIемермиллаталъулаб регионалъул вукIарав бетIер хIисабалда гьесул кIудияб хIалбихьиялда разилъана киналго».