Ссылки для упрощенного доступа

Пакистаналда хун вуго 81 чи


Пакистаналъул Белуджистан провинциялда ккараб къвагьиялъул хІассилалда хун вуго бищун дагь босун 81 чи. Гьеб къадар тІадеги цІикІкІине бегьулин лъазабулеб буго медиказ. Хваразда гъорлъ руго гІемер руччабиги лъималги. Лъукъун вуго 180 - гІанав чи.

Теракт гьабун буго Кветта шагьаралъул шиитаз гІумру гьабулеб мухъалда.

Гьелъул жавабчилъи тІаде босун буго “Лашкар э Джангви” абураб суннитазул радикалияб къокъаялъ.
XS
SM
MD
LG