Ссылки для упрощенного доступа

Пакистаналда кьвагьиялъул хΙасилалда хун вуго 10 чи.


Пакистаналда шамат къоялда ккараб кьвагьиялъул хΙасилалда хун вуго бищун дагь босун 10 чи. Гьездаго гъорлъ руччабиги лъималги. Гьеб ккун буго Кветта шагьаралъул рагΙаллъиялда. БакΙалъулаб полициялъул бетΙерасул рагΙабазда, бомба манзилалдаса кьвагьизабун буго ва гьеб кколеб рагΙула шиитазде данде гьабураб теракт.
XS
SM
MD
LG