Рималъул Папа Бенедикт XVI-билесда ракΙалда буго 28 февралалда лъазабизе, жив хъулухъалдаса нахъе унев вукΙиналъул хΙакъалъулъ. Рималъул католикияб гьатΙаналъул бетΙерас лъазабуна, жиндие гьеб тΙубанго баянаб гали кколин. 86 сон барав понтификас абулеб буго, жиндир рухΙ гΙолеб гьечΙин гьеб хъулухъ букΙине кколеб къагΙидаялда тΙубазабизеян.
Ватиканалъул вакилас лъазабухъе, гьатΙаналъул цΙияв бетΙер вищизе вуго гΙагарисеб заманалда. Бенедикт XVI, гΙадатияб гΙумруялда Йозеф Алоис Ратцингер 2005 соналъул апрелалда тΙоцеве немцазул миллаталъул чи хΙисабалда ахирисеб азаргогΙанаб соналда жаниб вахъана Рималъул католикияб гьатΙаналъул бетΙерлъун.