Гьиндустаналъул ТIадегIанаб Диваналъ 2002 соналда гьабураб къотIиялдалъун шамат къоялъ гъанкъун чIван вуго Кашмиралдаса къеркьейчи МухIамад Афзаль Гуру.
Гьес президентасухъе битIараб тIáсалъугьин гьарулеб гIарз нахъ чIван букIана.
Гуруе гьабураб къотIи Кашмиралъул инсанасул ихтиярал цIунулезги политикиял хIаракатчагIазги ритIухъаб гуреблъун рикIкIана.
Гьесда чIвараб гIайиб – 2001 соналъул декабрь моцIалда Гьиндустаналъул парламенталде гьабураб гьужум хIадур гьаби.
Доб заманалда анлъго хъаравулчиги цо гражданияв хъулухъчиги чIвана.
Гуру гъанкъун чIван хадуб Кашмиралда кIудиял демонстрациял ва гьесул рахъ ккураздаги дандияздаги гьоркьоб тунка-гIуссиял рагъарана.