Мисралда опозициялъ нахъчIвана улкаялъул президент МухIамад Мурсигун кIалъа-ралъаял гьариялъул цебелъей гьезул аслиял тIалабал гьес тIуразаризегIан.
Гьезул лидеразул цояв МухIамад Барадейил рагIабазда рекъон, Мурсица жиндего тIаде босизе ккола улкаялда би гIодобе тIеялъул жавабчилъиги, гIуцIизе ккола миллияб тархъанлъиялъул цIияб хIукуматги, гьаризе ккола конституциялда улкаялъул киналго гражданазул мурадал цIунулел хиса-басиялги. Гьел тIалабал тIуразаричIони, бокьарал кIалъа-ралъаял рукIине ругин заман гIадада чIвайлъунин рикIкIунеб буго Барадейица.
ГьатIан къоялда Мурсица 30 къоялъулаб гъорхъолъа борчIараб ахIвал-хIал лъазабун букIана лъабго шагьаралда- Порт-Саидалда, Суэцалда ва ИсмагIилиялда. Гьенир ахирисел къоязда рукIарал гIадлу-биххиязда хун вукIана анцI-анцI чи. Оппозициялъ Мурсида ва гьесул рахъ кколезда гIунтIизабулеб буго революциялъул идеябазе хилиплъиялъул гIайиб.