Ссылки для упрощенного доступа

Жакъа ракΙалде щвезаруна Холокосталъул къурбанал


27 январь ккола Холокосталъул къурбанал ракΙалде щвезабулеб халкъазда гьоркьосеб къо. Гьеб къо гьединаблъун лъазабуна Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул Генералияб Ассамблеялъ 2005 соналда. 1945 соналъул 27 январалда советиял рагъул къуватаз эркен гьаруна Польшаялда букΙараб Аушвиц-Биркенау абураб хвелалъул лагералъул туснахъал.

Гьеб къоялда бан тΙоритΙулел киналго тадбирал тΙоритΙулел рукΙана аза-азар жугΙутΙал ва нацистазул цогидал къурбанал хвасар гьариялъе гΙоло жидерго гΙумру хΙинкъиялде гъоркье бачарал гΙадамазул рухΙалдаса.

Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул Генералияв секретарь Пан Ки Муница Холокосталъул къурбанал ракΙалде щвезарун гьабураб каламалда абуна, гьединал гΙадамазул бихьинчилъиялъул мисалаз гΙадамал гьесизаризе кколин дунял лъикΙлъизабиялдеян.

ГΙаммаб къиматалда рекъон, Холокосталъул къурбанлъун лъугьун вуго анлъго миллионгΙанав жугьутΙав.
XS
SM
MD
LG