Хамиз къоялдаса нахъе гьоркьор къотIулел гьечIо гьел харбал ва блогеразги гьеб бахIсалъулъ чIагояб гIахьаллъи гьабулеб буго. Официалияб къагIидаялъ президент хъулухъалдаса унев вугилан лъицаниги лъазабичIониги, гьедин бугилан хъвана «Новая газета», «Черновик» ва «Миллат» газетаз.
Дагъистаналъул блогеразул гIемерисез рикIкIунеб буго гьеб хабаралда гъоркь кьучI бугин ва гIага-шагарго бачIунеб итни къоялъ Дагъистаналде цIияв президент витIизе вугин Кремлиялъ. Киназдего гIагарун блогераз хъвалеб буго гьев кколин Пачалихъияб Думаялъул депутат Рамазан ГIабдулатIипов.
Блогер Тамерлан МухIамадовас Эркенлъи радиоялъе бицана гьел харбал тIоцере блогесфераялда гурел, халкъалда гьоркьор ракканин, амма блогераз гIодор толел гьечIин ва жигаралда гьоркьор лъолел ругин.
Тамерлан МухIамадов: «Президент хъулухъалдаса унев вугилан абурал харбал тIоцере блогосфераялда раккичIо, гьел рачIана Москваялдаса. Дида лъалел журналистаз ва чанго батIияв хIакимчияс телефоналъ ахIун бачIана, киназго цIехолеб бугоан республикаялъул нухмалъулесул хъулухъалда сверухъ ахIвал-хIал. КватIичIого гьел харбал блогосфераялдеги раккана.
Гьеб хIалалда пачалихъиял информалатал, хIукуматалъул информационнияб политикаялъул жаваб кьезе кколел рукIарал чагIи руцIухIун чIун руго ва информациялъул рахъалъ гьел къолел руго. ГIицIго сон Президентасул информациялъулгун аналитикаялъул нухмалъулев Зубайру Зубайруевас гьабуна официалияб лъазаби, президентгун ХIукумат гьоркьоса къотIичIого хIалтIулел ругин.
Амма гьебги блогераз батIи-батIияб къагIидаялъ къабул гьабуна. Кин бугониги, Президент хъулухъалдаса ине вуго абураб суалалда тIаса бахIсал гьоркьоса къотIулел гьечIо ва бищунго гIемер гьоркьоб лъолеб тема буго гьеб».
Гьев вукIана блогер Тамерлан МухIамадов.
Дагъистаналъул блогераз рехсолел руго Президент хисиялъе рукIине бегьулел аслиял гIиллаби, цIи тIамулесда хадур ругел чагIи ва республикаялъул бетIер хисун хадуб рукIине бегьулел хиса-басиял. Василав Василов абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас хъвалеб буго МухIамадсалам МухIамадов заман щвелалдего хъулухъалдаса витIизе вукIиналъул цебего бицунеб букIанин, амма гьесул бакIалда Рамазан ГIабдулатIипов вачIине бегьулилан жинда ккун букIинчIин.
Казима Булаева абурай блогералъ хъвалеб буго республикаялъул нухмалъуде рачIине бегьулел кандидатаздаса бищунго мустахIикъав вугин Р. ГIабдулатIипов, Мон Синьорица хъвалеб буго гьев кIиясда гьоркьоб батIалъи гьечIин, политикияб тIалъиялда цIакъ дагьал гурони хиса-басиял рукIине гьечIин.
Цо-цо блогераз хъвалеб буго Р. ГIабдулатIипов заманаялъ нухмалъиялде витIулев чи вугин, кIиго соналдаса цIияв чи вачIине вугин. ДанчIвалел руго гьел харбал кьучI гьечIел ругин бицунелги.
Арсен Юсуповас хъвалеб буго президент хисулев вукIаравани гьеб иш цо къоялда жаниб рагIалде бахъине букIанин. Цо-цо президентасул рахъ кколез хъвалеб буго МухIамадсалам МухIамадовасул ракълилаб политика рекIее гIолеб гьечIин Москваялъе. «Гьес тIарикъаталъулал ва салафиял данде рачана, гьес тIолгодагъистаналъул съезд гIуцIана, къуваталъул идараби жавабчилъиялда цIазе хIалбихьана, амма Кремлиялъе гьеб къваригIун букIун гьечIо» - абун хъвалеб буго Магомед Сурги абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас.
Джалал Бутаев абурав блогерас рикIкIунеб буго Президент хъулухъалдаса унев вугин абураб хабаралда жив божулин:
Джалал Бутаев: «Кин бугониги, гьел жал харбал руго, официалияб лъазаби жеги гьечIо. ГIицIго twitterалда Пачалихъияб Думаялъул депутат Александр Хинштейница хъвараб информация гурони.
Гьев рикIкIуна официалияб тIалъиялде гIагарав чилъун. Хинштейница хъвалеб бугоан Шималияб Кавказалъул нухмалъулезул цояв хисулев вугилан. Гьеб хабар кьучI гьечIеб букIарабани церего гIадамалги ракIарун официалияб къагIидаялъ лъазабилаан. Дида ккола щиб бугониги хиса-баси ккелин итни къоялде».
Цойги гIемер ахIи-хIур бахъиналъе гIилла ккана арбагI къоялъ Гъизилюрт мухъалъул нухмалъулевлъун ХIажи МахIачев тIамун вугин абураб хабар. Цевеккун гьев вукIана Дагъистан республикаялъул президентасул Москваялда вугев вакил. Блогеразул гIемерисез гIажаиблъи гьабулеб буго гьеб лъугьа-бахъиналда.
Блогер Мансур Рамазановас хъвалеб буго МахIачев ХIажидагун спорталъул министр хисулев Будун Будуновасда гьоркьоб дандечIей букIанин хъулухъ сабаблъун, амма МахIачевасул политикияб хIалбихьиялъ чIел босанин.
Расул Шагьов абураб блогерас хъвалеб буго Гъизилюрталъул бетIерлъун щай вукIине кколевин гьенисаги гурев, Казбек мухъалда гIурав МахIачев ХIажи. Гьесда тIад рекъолев вуго Расул Пашаев. Цо-цо блогераз рикIкIунеб буго цо соналдаса цIиял рищиялги тIоритIун жиндирго вас бетIерлъун тезе бокьун бугин ХIажи МахIачевасе.
Гьесул вас ТIалхIат МахIачев вуго Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул депутат. Блогер Баматали Заремал пикруялда рекъон ХIажи МахIачевас босун буго бищунго бечедабин рикIкIунеб районалда хъулухъ. Бечедаб районалда ругел бутIрузул республикаялъул тIалъиялда гьабулеб асарги цIикIкIараб букIунин, гьеб лъидасаго лъикI бичIчIулеб бугин живго МахIачевасда.
Цойги блогераз рехсараб тема ккана талат къоялъул къаси Дагъистаналъул тIадегIанаб диваналъул диванчи МухIамад МухIамадов чIвай. ГIемерисел блогераз рикIкIунеб буго гьев жиндирго хIалтIи сабаблъун чIван вугин.
Гьединабго пикру загьир гьабун букIана цIех-рехалъул идарабазги. Блогер Халил Халиловас рикIкIунеб буго гьев судиясул хъулухъ сабаблъун чIван ватизеги бегьулин. Амма гьеб пикруялда дагьал чагIи гурони тIад рекъолел гьечIо.