Ссылки для упрощенного доступа

Регионалъул нухмалъулезул рейтинг


Улкаялда лъугьунел батIи-батиял политикиял процессазда жаниб гIемерисел информалатаз ва экспертаз гьарулел рейтингал гIадатлъун лъугьун руго. Гьал къоязда «Независимая газеталъ» къватIибе биччан буго регионазул нухмалъулезул политикияб асаралъе къимат кьураб рейтинг.

Регионазул нухмалъулез федералияб даражаялда гьабулеб политикияб асаралъе къимат кьеялъе гIоло «Независимая» газеталъул хIатIухъаз цIех-рех гьабун буго чанго батIиял экспертазул.

Гьезда гъорлъе уна батIи-батIиял политологал, журналистал ва политтехнологал. Гьезие кьолеб буго нухмалъулезул сияхI ва щивасе къимат кьезе рес. Къимат кьолеб буго гьанжесеб политикияб ахIвал-хIалалда Россиялъул Президентасул администрациялда, ХIукуматалда, Федералияб Собраниялда ялъуни партиялъулабгун бизнес-элитаялда асар гьабизе кIвеялда бан.

ХIисабалде босулеб буго гьединго федералияб даражаялда гьарулел хIалтIаби, кадровиял ишал ва жиндирго регионалда унел политикиял процессал.

Газетаялъ гьабураб рейтингалда рекъон, тIоцебесеб бакIалда вуго Москва шагьаралъул мэр Сергей Собянин, кIиабилеб бакIалде ахираб моцIалъул хIасилазда рекъон вачIун вуго Чачаналъул нухмалъулев Рамзан Къадиров.

Ингушетиялъул нухмалъулев Юнус-бек Евкуров I4-леб бакIалда вуго, Гъабардагун-Балкариялъул нухмалъулев Арсен Каноков 47-леб бакIалда, Карачаево-Черкессиялъул нухмалъулев Рашид Темрезов 52 бакIалда вуго. Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадсалам МухIамадовасул рейтинг ахираб моцIалда жаниб бортун буго 2I абилеб бакIалдаса 46 абилеб бакIалде.

Щай къокъабго заманалда рейтинг гьедигIан цIикIкIун гIодобе бортараб абураб суал кьуна Эркенлъи радиоялъ жамгIияв хIаракатчи Сулайман Уладиевасе. Гьесул пикруялда рекъон, рейтинг бортиялъе аслияб гIилла ккола республикаялъул тIалъиялъ хисизаризе кIоларел политикиялгун социалиял процессал.

Уладиев Сулайман: «Нилъер Дагъистаналда лъугьунеб бугеб хиса-баси, политика, экономика букIа, халкъалда гьоркьоб бугеб къадру букIа, гьеб хIисаб гьабуни, Дагъистаналъул нухмалъулесул къадру цIакъго гIодобегIанаб буго. Гьелъие цIакъго кIудиял гIиллабиги руго.

Республикаялде рачIунел инвестициялги, ралел школалги, гIадамазда гьоркьоб тIалъиялъул къадру-къиматги кьочIое босани, гьеб рахъалъги гьесул къадру-къимат кIудияб гьечIо дир хIисабалда. ХIалтIуда толел гIадамалги руго тухумчилъи кьочIое босун толел, халкъалъ адаб гьабулев, цIияв чиги гьес нухмалъиялде вачинчIо.

КIалалъ гьабулебги, квералъ гьабулебги батIи-батIияб буго. Путиница абуна Кавказалда рищиял батIияб къагIидаялъ тIоритIулел рукIанин цереги, гьанжеги гьел гьаризе цудунго бугин. Гьесда дандеги кIалъан, гьас абуна рищиял тIоритIизе кколин. Гьелъ бихьизабулеб буго Федералияб даражаялда МухIамадсалам МухIамадовасул асар дагьаб букIин.

Гьесда бичIчIулеб буго жиндир рейтинг, Путиница гьаниб гIадлу гьабизе батIияв чи витIизе бегьулеблъи. Чиясе, хасго нухмалъулесе къимат кьолаго хIисабалде росизе ккола гьесул иман, яхI, гIакълугун ритIухълъи, намус ва иман».
Юрист Шагьрудинил МухIамадица рикIкIунеб буго Дагъистаналъул нухмалъулесул рейтинг гIодобегIанаб букIиналъе аслияб гIилла бугин республикаяда цIакъ гIемер инсанасул ихтиярал хвезарулел рукIин. «Эркенлъи» радиоялъе гьес гьадин бицана:

Шагьрудинил МухIамад: «Социалияб ращаголъи гьечIолъи, ритIухълъи гьечIеб диван, къуваталъул идарабазул халкъалдехун бугеб бербалагьиги, гьеб киналъго аслияб къагIидаялъ Президентасул рейтингалда асар гьабулеб бугилан ккола дида. Цо чи хIалихьатав вугилан абидал, цогидас абун вуго, хIалихьатав вугониги гьев нилъерав вугин. Нилъер гIемер гIолохъаби холел руго кIиябго рахъалдаса, гьаниб унеб дандечIеялда.

Цоги дида ккола, живго Президент кисан гьениве вачIарав абураб жоялъги асар гьабула рейтингалда. Халкъалда лъалелъул щив гьев кколевали. Рейтинг гьедигIан гIодобегIан букIинги дида лъалароан».

Политикаялъул ва экономикаялъул институталъул нухмалъулев Дибиров ГIабдулнасирил пикруялда рекъон, Шималияб Кавказалъул бутIрузул рейтинг гIодобегIанаб букIиналъе гIилла буго гьел регионазул экономикияб рахъалдаса загIиплъи.

Федералияб даражаялда регионалъул нухмалъулесул асар бухьараб буго гьесул регионалъул экономикияб къуваталда, ялъуни улкаялъул тIалъиялъулгун хасал гьоркьорлъаби. Мисалалъе гьес бачунеб буго Чачаналъул нухмалъулев Рамзан Къадировасул тIадегIанаб рейтинг ва къуватаб экономика бугел Татарстаналъул, Москваялъул ва Краснодаралъул нухмалъулел.
XS
SM
MD
LG