Дагъистаналда жакъа хасаб операциялъул заманалда чIварав чи федералияб цIех-рехалда вукIун вуго. Гьев унев вукIун вуго «кадаралъулаб» абулеб диверсиониябгун-террористияб къукъаялде. Гьедин лъазабулеб буго низам цIунулез. Гьезго бицухъе, ЦIияб Хушеталда сверун ккун букIун буго гьев жанив вукIараб рукъ. Гьежум гьабулаго гьес данде кьвагьун чIван вуго къуватал идарабазул цояв ва цогияв лъукъун вуго. Цебе лъазабулеб букIана гьеб рокъов кIигояв вахчун вугин.