Малиялъул нухмалъиялъ улкаялъул тIолабго территориялда лъазабун буго гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIалалъул низам. Гьеб хурхараб буго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул мандаталда рекъон, улкаялде франциялъул аскарал лъугьиналда.
Гьелда цебесеб рузман къоялда Малиялъ Франциялда ва рехсараб ГIуцIиялда гьарулеб букIана экстремистазде дандечIеялъе кумек гьабеян.
Лъазабулеб буго франциялъул рагъулал аэропланаз изну гьечIого яргъидгIуц1араз чIей гьабулеб шималияб рахъалъул чанго мухъалда кьаби щвезабунин ва гьез кверде босун букIараб Конна шагьар эркен гьабунин.
Франциялъул колониялъул букIараб Малиялда араб соналъ рагъулаз нухмалъи реххун хадуб гьениб хIалуцун букIана ахIвал-хIал. Франциялъул президент Франсуа Олландица абуна рузман къоялда «наркотикал ричулезул ва террористиял къукъабазул агрессия» тIокIаб тIибитIизе тезе кколарин