Ссылки для упрощенного доступа

Япониялдаги Китаялдаги гьоркьоб иргадулаб инцидент загьирлъана чΙинкΙиллъабазе гΙоло


Талат къоялда Токиоялда китаялъул вакил Чэн Юнхуа ахΙун вуго япониялъул къватΙисел ишазул министерлъиялде. Гьесде «хъачΙаб протест» загьир гьабун буго Жанубияб Китаялъул ралъдалъ ругел жидеда сверун рахъазул бахΙсал унел чΙинкΙиллъазабазда аскΙор китаялъул рагъул гуми раккиялда бан. Япониялъул къватΙисел ишазул министр хисулев Акитако Саикица Китаялдаса тΙалаб гьабуна тΙокΙаб гьединал инцидентал рижинарунгутΙи.

Ахирисеб заманалда китаялъул гумиз гΙадамаз гΙумру гьабуларел Сенкаку абураб чΙинкΙилъабазда аскΙоб чанго нухалъ бахана япониялъул территориалиял лъиназул гΙорхъаби. Хасал бетΙергьабазухъа Япониялъ гьел чΙинкΙиллъаби росун хадуб, гьезда сверун бахΙсал чанго нухалъ хΙалуцана.
XS
SM
MD
LG