Ссылки для упрощенного доступа

Волгоградалда ккун вуго бакΙалъулаб хΙукуматалъул вице-премьер


Волгоград областалъул хΙукуматалъул вице-премьер Павел Крупнов аресталде гъоркье восун вуго ришват босиялъул щаклъи букΙун. Гьелъул хΙакъалъул лъазабулеб буго Россиялъул цΙехх-реххалъул комитеталъул официалияв вакил Владимир Маркиница.

Онкологиялъул диспансералъул 9-тΙалаяб минаялъул капиталияб ремонталъул 170 миллион гъурщил багьаялъул контракталъухъ гьесие ва пачалихъияб гΙуцΙиялъул кΙиго хъулухъчиясе фирмаялъ кьун бугин 17 миллион гъурущин, абулеб буго лъазабиялда.
XS
SM
MD
LG