Гьес лъазабулеб буго Россиялъул батIи-батIиял шагьаразда гIумру гьабулел Кавказалдаса гIолилазул хьвада-чIвади рекъезабулеб хасаб кодекс гIуцIизе бугин ва гьелъие гIоло хасаб комиссия бакIаризе бугилан.
ТIолалго блогераз бицунеб буго гьединаб лъазабиялъ кавказалъулал гIодорегIан гьарулел ругин. «Livejournal.com» сайталда Миннат ГIабдулаева абурай блогералъ хъвалеб буго, гIурус миллатчагIазул цевехъанас жинца масъала роцIцIиналъе гIоло гьабураб лъазаби гурин гьеб, ургъунго кавказалъулал гIодорегIан гьаризе бокьун гьабураб гали бугин. «Кинаб кодексалъул гьес бицунеб, щал гьелъухъ гIенеккизе ругел?
Гьедин батани рачIаха щибаб миллаталъе ургъизе кодексал. ГIурусал дагьал гьекъолдизе цо цIияб кодексгIаги щай гьес ургъулареб?»-абун хъвалеб буго блогералъ.
Журналист ва блогер Зарема ХIасановалъ хъвалеб буго улкаялда ругел киназго Конституциялда рекъон гIумру гьабулеб бугони ва къанунал хвезарулел гьечIони, киналгIаги кодексал ургъизе ккелароанин. Цойги блогер ХIадис ГIалиевас хъвалеб буго, жалго гьеб кодекс ургъулел миллатчагIазеги ургъизе кколин хасаб кодекс, улкаялда ахIвал-хIал хIалуцинабулел ругин гIурус миллатчагIи ва гьезие кумек гьабулел цо-цо политикал.
«Россиялъул ХIукуматалда вице-премьерги миллатчи вугони, Парламенталда вице-спикерги цIар арав миллатчи вугони, кватIичIого миллатчагIаз ургъараб кодекс хIарп хисичIого констутуциялде гъорлъе бачинеги бегьула» - абун хъвалеб буго Василав Василов абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас.
Чачан республикаялъул миллияб политикаялъул министерлъиялъ жидеца гьеб кодексалъул рахъ кколеб бугилан лъазабун хадуб блогеразда гьоркьоб жеги цIикIкIун бахIс байбихьана. Блогер Саида Далгатица бицунеб буго гьединаб кодекс къваригIун бугин ва жинцаги гьелъул рахъ кколин. «Россиялъул шагьаразда Дагъистаналдаса гIолилазул цIакъго нечезе ккараб рукIа-рахъин буго.
Дида лъаларо кин гьеб кодекс хIалтIизе бугебали, амма гьеб цIакъ хIажат буго» - абун хъвалеб буго гьелъ «Facebook.com» сайталда.
Мон Синьер абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас хъвалеб буго, чачаназул нухмалъулел гIурус миллатчагIазул пикруялда рекъон хIалтIи цIакъ мекъаб ва нечезе ккараб иш бугин.
Цоги блогерас хъвалеб буго, Рамзан Къадировас жалго гIодорегIан гьарулел ругин. «Гьесда бихьулеб буго Россиялъул тIалъиялда миллатчагIазги жедеего бакIал рахъулеллъи, гьединлъидал гьелгун дагIбадизе бокьун батиларо»,- абун хъвалеб буго блогер ХIусенов Русланица.
Цойги Дагъистаналъул блогосфераялда ахIи-хIур бахъинабураб тема ккана, нахъойги хиджабалда хурхараб суал. Интернеталда гъулбасал ракIарулел руго Россиялъул тIалъиялде хитIаб гьабизе. Гьениб гьаризехъин буго Россиялъул тIалъиялда школазда хиджаб ретIине биччай абун.
Кидаго гIадин, хиджабалда хурхараб темаялъ гIемерал бахIсал ва тIасанкIалъаял рижизаруна. ЦIех рех гьабулеб буго «democrator.ru» абураб сайталда. Школазда хиджаб ретIиналда ялъуни гьукъиялда хурхун гуреб, блогераз бахIс гьабулеб буго гьединаб къагIидаялъ президентасухъе ва федералияб тIалъиялъухъе хитIаб гьабизе кколищ абураб суалалда тIаса.
ГIемерисез рикIкIунеб буго тIалъиялде хитIаб гьабиялъул магIна гьечIин, гьелъ щибниги кьезе гьечIин. Философиял гIелмабазул кандидат, блогер Зухумов Зухумица гьединабго пикру загьир гьабуна Эркенлъи радиоялъе.
Зухумов Зухум: «Дида ккола гьел гъулбасал ракIари ва интернеталда цIех-рех гьаби мекъаб бугилан. Щайгурелъул, гьадинги нилъер жамгIият бикь-бикьун буго, гьелъ тIадеги гIадамазда гьоркьоб бугеб рагIи дандеккунгутIи цIикIкIинабизе буго. ЦIех-рехалдаги дир хIисабалда, хиджаб ретIиналъул рахъ кколел гIадамал бергьизе киналгIаги ресал гьечIо, щайгурелъул Россиялда гIемерисел руго светияб пачалихъалъул рахъ ккурал.
Гьеб цIех-рех гьабулезда ва гъулбасал ракIарулезда жидеца лъикIаб иш гьабизе, ихтиярал цIуниялъе гIоло гьабулеб бугин кинабго абун ракIалде ккун батила, гьедин гьабулебги буго хIакъикъаталда. Амма, бусурбабазде пачалихъалъул цIикIкIун кIвар буссинаби жалго бусурбабазе лъикI гьечIо.
БатIиял шартIазда гIумру гьабун нилъ рукIаралани бегьилаан. Мисалалъе, Британиялда, Голландиялда ва цоги Европаялъул пачалихъазда абулеб буго жидеца киданиги чIужугIаданалъул ратIлие гIорхъичIвай гьабизе гьечIин. Гьаб гьанже бугеб пачалихъияб система бугебгIан мехалъ гьединал хитIабазул кинабгIаги хIасил букIине гьечIо.
Система буго ришватчилъиялъулаб, инсанасда данде чIараб, сурукъаб. Гьадинал шартIазда хитIаб гьабунилан щибниги хисизе гьечIо».
Aziza Nur абураб цIаралда гъоркь хъвадарулей блогералъ рикIкIунеб буго, кигIан сурукъаб пачалихъияб система бугониги, бусурбабаз жидеего ихтиярал тIалаб гьаризе кколилан. «ХIасил кьезе гьечIилан руцIцIун нилъ чIани гьел ихтиярал лъицаниги кьезе гьечIо, бусурманчиясда тIадаб буго жиндирго диниял ихтияразе гIоло къеркьезе»,- абун хъвалеб буго блогералъ.
Гьелдаго тIад рекъолев вуго Альберт Будунов абурав блогерги. Гьес хъвалеб буго кида къадги пачалихъалда бичIчIилин хиджаб ретIун бугилан школалда цIалдолезе кинабгIаги квал-квал букIине гьечIин. Блогер Манышев Сергейица хъвалеб буго, жидее ихтиярал тIалаб гьарун бакI-бакIазде хъвадариялъ ва ахIи-хIур бахъинабиялъ тIалъи ва светияб жамгIият нахъе къалеб бугин исламалдаса ва бусурбабазда данде чIолезул къадар цIикIкIунеб бугин.