Япониялъул цΙияв премьер-министр Синдзо Абэ шамат къоялда щун вуго «Фукушима» атомияб электростанция бугеб мухъалде. Гьес хал гьабун буго 20ΙΙ соналда авари ккараб бакΙалда дезактивациялъул хΙалтΙул. Абэца хьул загьир гьабуна электростанциялъул реконструкция халат бахъинчΙого лъугьине букΙиналъул. 20ΙΙ соналъул марталда къуватаб ракь багъариялъе гΙоло ва гьелда хадуб букΙараб цунамиялъул хΙассилалда станциялда ккана кьвагьи. ТΙибитΙана радиация. АнцΙ-анцΙ километралъул радиусалдаса киналго гΙадамазул эвакуация гьабуна гΙорхъолъа рорчΙарал ахΙвал-хΙалазул системаялъул идарабаз. Катастрофаялда хадуб чΙезабуна япониялъул киналго атомиял электростанциязул хΙалтΙи. Улкаялъе гΙолеб гьечΙо электроэнергия. Гьанже улкаялда ризго бицунеб буго гьел станциязул цоязул хΙалтΙи цилъизабиялъул къварагΙелалъул.