Россиялъул къватΙисел ишазул министр Сергей Лавровас риккунеб буго, Сириялда политикиял къагΙидабазда кризис рагΙалде бахъинабиялъе ресал хΙутΙулел ругин. Гьединаб лъазаби министрас гьабуна шамат къоялда Москваялда Сириялъул ишазда сверун Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул ва ГΙарабазул улкабазул лигаялъул вакил Лагьдар БрахΙимилгун тΙориΙтарал кΙалъа-басаязда хадуб.
Россиялъул къватΙисел ишазул идараялъул бетΙерас кΙвар буссинабуна Сириялда диалог гΙуцΙиялъе халкъазда г оркьосеб жамгΙияталда гьелъие кумек гьабизе кΙолеб букΙиналде. Мисалалъе, гьесул рагΙабазда, гьеб улкаялде нахъе руссинаризе бегьула Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул тоххалчагΙи. Гьел кΙалъа-басаязда цеве БрахΙими щун вукΙана Дамаскалде ва данчΙван вукΙана Сириялъул президент Башар Асадгун.