Пачалихъияб Думаялъ америкаялъул «Магницкиясул акталъе» жаваб хΙисабалда къабул гьабуна кΙиабилеб цΙалиялда Цолъарал штатазул гражданазухъе россиялъул бесдаллъимал кьей гьукъулеб къануналъул проект. Гьел хиса-басияз гьединго гьукъулеб буго политикаялде хурхен бугел ва Цолъарал штатаз гΙарац биччалел коммерциялъулал гурел гΙуцΙабазе. Документ къабул гьабиялъе гьаракь кьун буго 400 депутатас. Данде вукΙун вуго ункъгояв ва жиндирго позиция загьир гьабичΙого чΙун вуго кΙигояв.
Пачалихъияб Думаялъул минаялда цебе полициялъ ккуна лъебергогΙанав чи. Гьезде гΙайиб гΙунтΙизабуна ратΙа чΙарал гΙадамазул пикет тΙобитΙиялъул къагΙида хвезабиялъул. Цолъарал штатазул гражданазухъе россиялъул бесдаллъимал кьей гьукъиялде данде протест загьир гьабулезул рахъ кквезе рачΙун рукΙана РПР-ПАРНАС партиялъул нухмалъулел Борис Немцовги Владимир Рыжковги.