Цолъарал штатаз ва сириялъул оппозициялъул лидераз лъикΙаб къимат загьир гьабуна Сириялъул президент Башар Асадил режималъул букΙинесеб щакаблъун бихьулеб букΙиналда хурхараб Россиялъул лъазабиялъе.
Цолъарал штатазул Пачалихъияб департаменталъул вакиль Виктория Нуландица лъазабуна, гьанже Россиялъе «берал рагьун балагьизе байбихьулеб бугин лъугьабахъунелдеян ва Асадил къоял рагΙалде рахъунел ругин».
Россиялъул къватΙисел ишазул министр хисулев Михаил Богдановас хамис къоялда лъазабун букΙана, сириялъул оппозиция бергьине бегьулин Асадидасайин, улкаялда тΙад нухмалъиялъул контроль талхун букΙиналде кΙвар буссинабулаго.