Камалов ХIажи-Мурад чIваялъ кIудияб ахIи-хIур багъаризабуна гIицIго Дагъистаналдаги Россиялдаги гуребги – тIолго дунялалдаги. «Черновик» газетаялъул журналистаз рорхизарулел рукIана ришватчилъиялъул, коррупциялъул, полициялъ гьабулеб зулмуялъул темаби ва цIакъ кIудияб асар гьабулаан жамгIияб пикруялъе.
Рехсараб пресс-конференция рагIизегIан, Камалов Магъди-МухIамадица мухбизабазде абуна ХIажи-Мурад чIваялъул цIех-рех хIасил гьечIого хутIулеб бугин гьанжелъагIан. ТIадежоялъеги, гьале кIиабилеб нухалъ гьеб чIезабунги бугин.
Москваялда пресс-конференция лъугьун хадуб нижеца бухьен гьабуна Дагъистаналъул журналистазул цолъиялъул бетIер Камалов ГIалигун. Гьес гьадинаб баян кьуна нижер радиоялъе:
«Интерфакс» агентлъиялъул минаялда тIобитIараб пресс-конференциялда гIахьаллъана цIар арал хIаракатчагIи ва журналистал Журналистазул Россиялъул Цолъиялъул бетIер Всеволод Богданов, Россиялъул ЖамгIияб Палатиаялъул вакил Максим Шевченко, Дагъистаналъул журналистазул цолъиялъул бетIер Камалов ГIали ва цогидал.
ГIахьалчагIаз рехсараб тадбиралда цIалана Россиялъул президент Владимир Путинихъе битIизесеб хасаб кагъат. Доба гьез тIалаб гьабулеб буго ХIажи-Мурад Камалов чIваялъул цIех-рех кватIичIого рагIалде бахъинаби ва гIайибиял жавабчилъиялде цIай.