Студент Иван Агафонов хвеялъе гьесул гIайиб чIезабуна, амма диваналъ гьесие къотIана туснахъалъул кIиго сон. ГьанжелъагIан цIех-рехалъул изоляторалъуб Расулица бараб заман гьеб кIиябго соналда бащалъулеб букIиналда бан гьев диваналъул хIукму цIалун бахъараб параялъго эркен гьавуна.
Россиялъул миллатчагIаз хIукму къотIулеб къо щвелалдего абулеб букIана Расулие гьединаб бигьаяб тамихI бихьизабуни жидеца гьелда дандечIарал акцияби тIоритIизе ругилан абун. Амма нижехъе щварал баяназда рекъон гьединал тадбирал тахшагьаралда тIоритIичIо талат къоялъ.
ТIубараб лъагIалица Расулида хурхун тIобитIулеб диваналъул процессалъухъ хал ккун букIана киналго дагъистаниязги. Киназдаго якъинго бичIчIулеб букIана миллатчилъиялъул мисалги хIалтIизабун Расулида сверухъ ахIвал-хIал ургъунго хIалуцинабулеб букIана.
«Эркенлъи» радиоялъе чанго нухалда гьеб баян гьабун букIана батIиял-батIиял экспертазги, жамгIиял хIаракатчагIазги, гьединго гIадатиял гIадамазги. Жидерго пикру нижер программаялъе загьир гьабун букIана гьединго Расулил гьудул-гьалмагъзабазги, цересел гIагарлъиялъул чагIазги.
Россиялъе гIоло цеве вахъунев мехалъ гьев гьезул спортсмен вукIанин, ракIалдаго гьечIеб такъсиралде гьоркьове ккедал гьев дагъистанияв лъугьанин гьезиеян абуна жиндирго пикру загьир гьабулаго хIалбихьи бугей юрист, адвокат Сапият МухIамадовалъги.
Бищунго кIудияб адаб-хIурматалъе мустахIикълъанин гурони тIокIаб батIияб пикру бачIунеб гьечIин гьесул рахъалъ абизеян мукIурлъана гьей. ЛъачIого жиндихъаго кьабураб жоялдаса ракIбухIун вукIин чанго нухалда диван тIобитIулаго бихьизабунин гьес, гьеб гуребги кьабун хадув гIодов ккарав Ивание тIаде вахъине кумекги гьабун бугин, ккараб такъсиралъе мукIурлъун жанисел ишазул идараялдеги вачIун вугин.
Сапиятил ракIчIун буго гьесул бакIалда хварав Иван вукIаравани иш батIайиса букIине букIараблъи, къанун цIунулез гьелде кьолеб кIварги батIияб букIине букIараблъи.
Адвокат гьединго рази гьечIо хварасул гIагаразул рахъалдаса йикIарай адвокат Михалкиналъул хIалтIудасаги, пишацояй гIадан хIисабалда гьелда тIасан кIалъай гьабизе бокьун гьечIин жиндеян абуна Сапиятица, амма щибго гурел щинал хIужабиги понцIозарун гьелъ хIаракат бахъанин диваналъул процесс чанго нухалда цIигьабизе:
Сапият МухIамадова: «Жидеего къваригIараб мехалъ бихьула гьезда къанун хвезабун букIин, цогидаб мехалъ абуни гьединаб хIужаялде берал къанщула. Гьезие къваригIун букIана диваналъул процесс гьабгощинаб мехалъ халат бахъине, гьелъие гьезда ратулелги рукIана Дагъистаналда жидедехун кIварцин кьоларел далилал.
Дица тIадеги абила гьелда релъарал диваналъулал хIукмаби мекъал рукIин тIалаб гьабун, нижеца чанго нухалда хъван букIана гIарза Россиялъул ТIадегIанаб Диваналде, амма киданиги гьелда бан диваналъ жидерго хIукму хисизабун букIинчIо. Расул Мирзаевасда хурхараб ишалъул хал гьабулеб мехалъин абуни гьезда батана гьелъие гIилла
Агафоновасул эбел-инсул мурадал цIунулей адовкаталъул бакIалда йикIараяни дир тIубанго батIияб букIинаан позиция. Щайгурелъул гIантав гурев чиясда бичIчIулеб букIана чан нухалъ диван гьабуниги Расулие гьанже къотIараб гIадаб гуреб батIияб хIукму къотIизе букIинчIеблъи.
БичIчIулеб гьечIо, гьадинаб гурони ахир кколареблъи лъалеб букIаго сундуе гьеб кинабго гьедин халат бахъинабулб букIарабали?»
Кавказалъул гIадамал кидадайин гьединаб гIала-гъважаялде гьоркьоре ккелаян гIащикълъун рукIунин миллтчагIиги журналисталгиян абуна «Вацлъи» абураб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев МикагIилов МикагIилицаги. Амма миллатчагIаз жакъа бихьизабулеб бугеб мисал ахирги гьезие жидеего заралалъе буссине бугилан рикIкIунеб буго гьес:
МикагIил МикагIилов: « Бищунго квеш гьезие жидеего ккелин ккола дида, щайгурелъул гьеб кинабго Россиялдаса Кавказ батIа гьабизе гIололъун ургъун бугелъул. Кавказ батIа гьабиялдалъун гьеб лъугIуларо, Москва мухъалда ругел дагъистаниялниги хутIулелъул гьенир, мисалалъе Тува, Якутия, Казань ва цогидаги регионалда ругелги миллатал цоцаца ккун ругелъул.
Росиялъе Кавказалда бараб жо гIемераб букIин, гьеб батIа гьабиялъ зарал гуреб жо кьезе гьечIилан абулел эксперталги, гьарулел хъвай-хъвагIаялги гьединго данделъабиги руго гIезегIан.
Амма гьелдаго цадахъ миллатчагIаз тIиритIизарулел гIемерал чIорогоял харбаги руго квназарун гурони тIокIаб пайда гьечIеб ракь бугин Кавказилан абун. ГIакълу бугеб рахъалдасан балагьани бергьенлъи гьезухъ букIинарилан ккола дида, гьеб буго заманаялъ бугеб, лъениги пайда гьечIеб ахIи-хIур».
Диваналъул процесс унебгIан заманаялъ цIех-рехалъулаб изолятаралъуб бараб заманаялъухъ рецIалил гIарац тIалаб гьабизе гьечIин жидецаян лъазабуна Расулил адвокатаз.
Гьединго нижехъе щварал баяназда рекъон диваналъ къотIараб хIукмуялда рекъон заманаялъ Расулил изну гьечIо хъвай-хъвагIаялда рекъон гьев гIумру гьабун вугеб Гъизляр мухъ бахун къвтIиве ине. Гьединго гьесие гьукъун буго рекIелгъеялъе гIадамал данделъулеб бакIалда гIахьаллъи гьабизеги.