ГIемерщинал чагIаз бицана гьелъ Палестина ракIалде щвезабунин жидеда. Видеоялда гIолохъанал лъималаз ва руччабаз ганчIал реххулел руго полициялде ва гьезул кIигояв лъукъун вуго. «Кавказский узел» сайталъ лъазабухъе, къуваталъул идарабазул гьужумалъ щибниги кьечIо, ва хадубккун нух рагьун буго нухда хутIарал гIадамаз гьарун.
ГIолохъаби нахъе риччачIони нахъойги гьебго нух къазе тIадеги босана гендерица. Амма хадусеб къоялъ лъазабуна информалатаз, ккун вукIарав лъабго гIолохъанчи квешго руххизеги руххун риччан ругин Шамилхъалаялдаса .
Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул сайталда лъазабулеб букIана, ганчIал речIчIулел рукIарал гIолилал къуваталъул идарабаз ралагьулел ругин ва гьелъие добго видеоматериал хIалтIизабулеб бугин. Хадубккун гендерица лъазабулеб букIана росулъе рачIунел киналго нухал къан ругин ва киналго машинабазда чIухь балеб бугин.
Эркенлъи Радиоялъул мухбир щвана Генуве ва гьениб бугеб хIакъикъат лъазабуна. Росулъе унеб нухда чIун руго жанисел аскаразул рагъухъаби ва бакIаб рагъулаб техника. Киналго машинабазда чIухь балеб буго ва гIадамазул документазул хал гьабулеб буго.
Росдал бегавул ГIалясагI МухIамадовас абуна митингалде рахъун рукIарал гIолилал ралагьулел ратизе бегьулин, гIага-шагарго гьезда лъалин гьенир рукIарал чи. Амма росдада жанир ругел гIолохъабаз бицана митингалде ун рукIарал гIолилал росу тун унел гьечIин, къуваталъул идарабаз хъамиялдаса хIинкъун.
Аэропорталдаса хъамурав ва митингалдаса хадув виччан тарав Сулейманов ГIалица бицана маскаби ххурал рагъухъабаз жал ккунин къаси сагIат 11 тIубарабго аэропорталда ва ботIрода жалги жемун, машинаялъурги къазарун кирелиго рачанин.
«Къаси сордоялъ руххана, килщазда ток биччана, гьикъулеб букIана Сулейманов МухIамад лъалищан, ХIажидадаев Ибрагьим лъалищан» - илан бицана ГIалица.
Гьединго гьес бицана сундуе гIоло ккун ругел абураб мехалъ тIадеги квеш руххулел рукIанин жал. «Сулейманов МухIамад дир рикIкIадисевго гIагарав чи ккола, фамилия цо бугониги. Гьесулгун гIагарлъи гьечIев чиги къанагIат ватила росулъ, щиб гьезие дидасан къваригIараб?» - абун кIалъалев вуго ГIали.
Жал рухханин, жидер ихтиярал хвезарунин прокуратураялда гIарза хъвазеги ракIалде гьечIо ГIалида ва гьесда цадахъ рукIаразда. Гьелъие гIиллалъун гьес кколеб буго бусурбабазе шаргIияб диваналде гурони ине бегьунгутIи. «Капурчияс зулму гьабунилан цоги капурчиясухъе иналъ бусурбанчиясул къадру гIодобегIан гьабула» - ян бицана цоги генуса чияс.
Росулъ ругел гIемерисез бицунеб буго доб къоялъ митингалде жал рахъинчIелани гьел гIолохъаби тIад руссине рукIинчIин. Амма гьанже митингалда рукIарал, ганчIал речIчIарал гIолохъабазе хIинкъи бугилан бицунеб буго.
Росу тун аравщинав генусев полициялъул бутIаялде цIалев вугоян бицана МухIамадов МухIамадица. Гьесул вац ва цоги кIиго гIолохъанчи Шамильхъалаялде тукаде аралъуса полициялдеги рачун тIубараб къоялъ гьенир чIезарун руго.
МухIамадов МухIамад: «Росулъе жанибе нух рахан буго жеги, жанире риччалел гьечIо чIухь бачIого. Гьал къоязда дир вац ккуна полициялъ. Расниги гьабичIев, я митингалда вукIинчIев чи цIацIан вачун, суалал кьун, къоялъ чIезавун вуго полициялъул бутIаялда.
Как базеги виччан гьечIо гьев, гьелъул хIасилалда дагIбадизеги ккун вуго полициялда хIалтIулев чигун, мун бусарбанчи гурищ, как базе щай виччаларев абун. Хадув банк кьвагьарав чи лъалищ, Сулейманов МухIамад лъалищ, мегеж щай тун бугеб, полициялде хIалтIизе щай лъугьунарел абун цIех-рехал гьарун руго, амма вуххун гьечIо».
Жиндир цIар рехсезе бокьичIев цоги генусес абуна росулъ гIемер рачIунин рагъулаб техникаялда гIадамал ва щибаб нухалъ гIолохъаби ккун рачун полициялде унин, гIакъуба кьолин, мегеж цIацIалин. Гьесул пикруялда рекъон, зулму гьабунагIан данде гьабулеб зулмуги цIикIкIине буго. «Насранияб диналда гIадин, кваранаб кIаркьада хъат кьабуни квегIабги кквеян гьечIо исламияб диналда. Зулмучи щиб гьабунги чIезавизе ккола» - ян бицана гьес.
«Кавказская политика» сайталда Туаев МухIамад абурав авторас жиндирго макъалаялда данде кколеб буго Кавказалда бугеб ахIвал-хIалги Палестинаги. «ГанчIал речIчIулел гендерил гIолохъаби рихьарабго тIубанго гьеб кIиго бакIалъул цоцада релълъин халлъанин жинда» -ян хъвалеб буго гьес.
Авторас ИзрагIилалъ Палестинаялда гьабулеб зулму данде кколеб буго Россиялъул армиялъ ва къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз Кавказалда инсанасул ихтиярал хвезариялда. Гьединго гьес данде кколел руго кIиябго рахъалъ информациялъул алатазул рагъ хIалтIизаби.
Ахираб заманалда Россиялъул информалатазда кавказалъулал хIакъир гьари ва БакътIерхьул улкабазда унеб Палестинаялъул халкъ чIегIер гьабиялъул кампания цоцалъ релълъинарулел руго.
ГIолохъаби нахъе риччачIони нахъойги гьебго нух къазе тIадеги босана гендерица. Амма хадусеб къоялъ лъазабуна информалатаз, ккун вукIарав лъабго гIолохъанчи квешго руххизеги руххун риччан ругин Шамилхъалаялдаса